МагъчIваялъе рес

Путиница Обамаде хитIаб битIана


Россиялъул президент Владимир Путиница Цолъарал Штатазул президент Барак Обамаде гьабураб хитIаб хурхараб буго кIирахъалъулал бухьеназда. Гьадин лъазабуна Цолъарал Штатазда Россиялъул вакиллъиялъул пресс-хъулухъалъ.

Гьеб рехсараб документ ХъахIаб Рукъалде швезабуна Россиялъул хIинкъи гьечIолъи цIуниялъул Шураялъул секретарь Николай Патрушевас.

Дагьалъ цебе Россиялда багъарараб жасуслъиялъул дагIбаялъ рехсараб хитIабалъе асар гьабун букIарабищ-гьечIищ – гьелъул хIакъалъулъ щибниги абун гьечIо.

РакIалде швезабизин, Москваялда гьалкъоязда ккун ва Россиялдаса нахъе гъун вугоан жасуслъун рикIкIарав америкалъул цо дипломат.
XS
SM
MD
LG