МагъчIваялъе рес

ВахIшилъи дагьлъулеб гьечIо Дагъистаналда


Дагъистан. Губден росдал сверухълъи
Дагъистан. Губден росдал сверухълъи

Гьаб анкь хIалуцарал лъугьа-бахъиназдалъун байбихьана Дагъистаналда. Итни къоялъ МахIачахъалаялда ккарал вахIшиял такъсиразда хадусел къоязда цIиял харбал криминалиял темабаздалъун байбихьана республикаялда.

Маялъул къоло цоабилеб къоялъ Гъарабудагъкент мухъалъул Губден росулъ тIобитIараб хасаб операциялъул хIасилалда чIвана изну гьечIого яргъид гIуцIаразул къукъаялъул нухмалъулев, Буйнакск шагьаралда чIван вуго полициялъул хIалтIухъан.

Диванханаялъул приставазул минаялда цебе гьабураб вахIшияб терракталдалъун байбихьараб анкьил цIиял харбал цоцада релъарал рукIана хадусел къояздаги. Талат къоялъ Гъарабудагъкент мухъалда байбихьараб хасаб операция лъугIана изну гьечIого яргъид гIуцIаразул къукъаялъул нухмалъулев чIваялдалъун.

Гьев ккола 1989 соналда гьавурав МухIамад ГIабдусагIидов Миллияб терроралда дандечIараб комитеталъ гьеб баян тасдикъ гьабуна арбагI къоялъ информалатазе кьурал баяназдаги. Дагъистаналда гьарурал рикIкIен гIемерал такъсиразул гIайиб гIунтIизабулеб буго гьесде, гьединго рухIияв цевехъан Биярсланов МухIамад чIваялъулъги.

Гьес гьарурал такъсиразда гъорлъ рехсолеб буго 2012 соналъ Пермь шагьаралъул ОМОНалъул хIалтIухъабазе тIадекIанцIи гьабиялъул, Пенсиял рикьулеб хъулухъалъул хIалтIухъанасахъа цо миллион гъурущ бахъиялъул ва гьединго нухазда хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул хъулухъалъул хIалтIухъабазде чанго нухалъ тIадекIанцIи гьабиялъул такъсиралги.

Гъарачилъиялъул нухде гьес байбихьун буго 2011 соналъ, жиндирго эмен ва вацгун гьеб соналъ рохьове анин гьевилан хъвалеб буго гьеб баяналда.

Талат къоялъ Буйнкакскиялда чIван вуго полициялъул хIалтIухъанги. Къаси сагIат 22:30 хIалтIараб гIужалъ ккун буго гьеб хIужа. Къуваталъул идараби тIад рекIараб автомобилалде кьвагьдон руго такъсирчагIи, лъукъарал полициялъул хIалтIухъабазухъа жидехъаго бажарун буго азарханаялде ине гьоркьоб заман бахъун гьезул цояв хванилан хъвалеб буго гьебго баяналда.

Къоабилеб маялда МахIачахъалаялда Диванханаялъул приставазул минаялда цебе вахIшияб такъсир гьабурал чагIазул хIакъалъулъ цереккунисел баянал кьолел руго Жанисел ишазул идараялъги.

Бихьинчиги чIужугIаданги рукIун руго гьел. Такъсир гьабураб бакIалда диванханаялъул приставазул минаялда рекъезарун ругел видеокамерабаз бахъун буго гьел кIиязулго сурат.

Гьеб такъсир сентябралда тIоритIизе ругел Дагъистаналъул президентасул рищиязде данде гьабураб теракт кколин абулелги камулел гьечIо интернеталъул гьурмазда. Амма жамгIияв хIаракатчи ГIисалмухIамад Набиев рази гьечIо гьеб пикруялда.

Киналго такъсиразул гIуцIи цоцада релъараб букIанин итни къоялъ гьабуралъулги цогидаздаса батIияб жо щибниги букIинчIилан абулеб буго гьес.

ГIабдулатIипов Дагъистаналде тIамулелъул абулеб букIана Сочиялда Олимпиада байбихьилалде Дагъистаналда ахIвал-хIал роцIцIинабизелъун витIун вугин гьев Дагъистаналдеян, амма Рамазан Дагъистаналде нухмалъи гьабизе вачIун араб лъабго моцIида жаниб террактал цIикIкIун гурони дагьлъичIо.

Гьеб хIужаялда тIасан гьадин загьир гьабуна жиндирго пикру ГIисалмухIамад Набиевас.

Набиев ГIисалмухIамад: «Дида бичIчIуларо Олимпиада байбихьизегIан терактал лъугIизаризе гIололъун витIанин гьевилан абулеб рагIул магIна. Террактал дагьлъиялъе тIоритIизе кколел тадбирал батIиял руго.

ТIоцебесеб ирагялда хIукуматалъул къануналъул 29 статьялда рекъон кинавго чиясе ихтиярал ращад гьаризе ккола диналъул бокьараб рахъ тIаса бищизе.

Вагьабияздаги лъазабизе ккола нуж нужерго динги гьабун рукIа, амма хIукуматалда данде нуж чIоге, экстремизм, гъарачилъиялде нужеца халкъ ахIуге, гьезда дандечIарал чагIаздаги лъазабизе ккола хIукуматалъул тIалабазда цере нуж киналго ращад ругин, гьединлъидал цоцаде рогьрал рачIого берцинлъиялда рукIайилан.

Амма гьединаб политика гьечIо жакъа. Гьеб гьечIеб мехалъ кинаб парахалъиха халкъалда гьоркьоб букIинеб?».

Къоабилеб маялда Орджонкидзел цIаралда бугеб къотIноб гьоркьоб заман иналде гьабураб кIиго терракталъул хIасилалда къварилъи ккарал гIадамазул хъизамалъул щивасе 500 азарго гъурущ кьезе хIукму гьабуна Дагъистаналъул хIукуматалъул нухмалъиялъ.

Амма Facebook сайталда цо-цо журналистаз ахIи-хIур бахъинабуна къварилъи ккарал чагIи хIалтIулеб идараялъухъ балагьун щайин гьеб гIарац кьолеб. Мисалалъе гьениб рехсолеб буго араб соналъ МахIачахъалаялда гIадамал чвердезе унеб бакIалда ккараб кьвагьиялъул хIасилалда лъукъарай цо мугIалималъе цо гъурушцин рецIалил гIарац щвечIолъиялъул.
XS
SM
MD
LG