МагъчIваялъе рес

Теракталъул къурбаназе гIарцулаб кумек гьабизе буго


2I маялъул къалъуда къуваталъул идарабаз кьурал баяназда рекъон, итни къоялъ МахIачхъалаялда ккарал кьвагьиязул хIасилалда къварилъи ккун буго кинавниги 44 чиясе, хун вуго ункъго чи.


Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъул хIалтIухъанас Эркенлъи радиоялъе бицана чIварул кIигоял полициялъул хIалтIухъаби ругин ва цойгидав кIигояв диванханаялъул приставазул хъулухъалъул хIалтIухъаби кколилан, лъукъаразда гьоркьор цIакъго захIматаб хIалалда ругел полициялъул хIалтIухъабиги ругилан.

«ГьабсагIат захIматаб хIалалда вуго 12 чи. Хваразул кIигояв вукIана полициялъул хIалтIухъан ва цойги кIигояв кколаан Дагъистаналъул диванханаялъул приставазул хъулухъалъул хIалтIухъаби.

ЦIех-рех унеб буго гьабсагIат гьеб ишалда сверун, чIван къотIун гьеб гьабиялъе гIиллаги кинаб букIарабали абизе бегьуларо. Цо-цояз абулеб буго гьеб ТIалхIат ГIамировасде гьабураб гьужум букIанила, жеги киналниги баянал кьун бажаруларо гьеб харбида сверун. Жеги ракIчIун щибго лъаларо.

Сундуе гIоло гьабун батаниги къуваталъул идарабазул хIалтIухъабазе ккана гьениб бацIцIун зарал. Цогидал теракталго гIадин гьебги нижер хIалтIухъабазде данде гьабун батизеги бегьула.

Гьаб сагIаталда жаниб азарханаялда вегун вуго 28 полициялъул хIалтIухъан, 16 диванханаялъул пристав, цо гIадатияв чи ва цо лъабго сон бараб лъимер», ян бицана Эркенлъи радиоялъе Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъул хIалтIухъанас.

Лъукъаразе кумек гьабизе 20-21 маялъул сардилъ МахIачхъалаялде бачIана Россиялъул гIорхъолъа рорчIарал ишазул министерлъиялъул тохтирзаби ва азарханагIадаб хасаб самолет.

Гьаниб кумек гьабун бажаруларел цIакъго захIматаб хIалалда вугев 3 лъукъарав Москваялъул азарханаялде рачун ана гьез.

ЦIех-рехалъул хIалтIухъабаз бицухъе гьел, кIиабилеб кьвагьараб ВАЗ 2108 автомобилалъул бетIергьан щивали чIезавиялда тIад, хIалтIилел руго. Гьесдасан теракт гьабурал щалали чIезабизе кIвезеги бегьулин абулеб буго гьез.

Кьвагьулеб алат жаниб букIараб гьеб автомобилалъул нахъе щибго хутIун гьечIин абизе бегьула, гьелъул кескал, кьвагьулеб алаталда жанир рукIарал маххул кесказда цадахъ, чанго нусго метраялъ дорегIан щун руго.

Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул баяназда рекъон тIоцебе кьвагьизабун буго 30 сон барав диванханаялъул приставазул хъулухъалъул хIалтIухъанасул автомобиль.

Гьеб кьвагьулеб алат хIадур гьабун букIун буго промышленнияб детонаторалдасан, аммиакалъул селитраялдасан ва гьеб цIезабун букIун буго магIалгун, цойгидал бегIерал маххул кесказ. Гьеб алат кьвагьизабун буго автосигнализациялъул кумекалдалъун.

Гьелъул къуват бахуна тротилалъул 1,5 килограммалде, амма гьелъул 100 грамм гурони кьвагьун гьечIо.

Гьеб кьвагьун хадуб жиб гъоркьрекIинабун букIараб автомобилалъе дагьабго зарал ккей гурони, тIокIаб лъиениги къварилъи ккечIо. Гьеб бакIалде полициялъул хIалтIухъаби щведал, сверухъ мухъги къан гьаниб хал-шал гьабулаго гьезда цойги гьебго бакIалда аскIоб чIезабураб автомобилалда гъоркь кьвагьулеб алат букIин бихьун буго, амма гьез щибго гьабилалде хIалтIизабун буго гьеб.

РикIкIадасан хIалтIизабулеб, ай радиоуправляемый алат букIун буго гьеб. Гьебги цIезабун букIун буго маххул кескаца, магIаца, болталгун, дюпелаз. Гьединлъидал цIакъ гIемер чиясе заралги ккун бугеб. Кьвагьулеб алаталъул къуват бахуна тротилалъул 40-50 килограммалде.

Къуваталъул идарабазул баяназда рекъон гьеб кьвагьараб бакIалда лъугьун буго 35 сантиметр гъварилъиги бугеб ва 270 сантиметр сверухъги бугеб гвенд.
Полициялъулаз лъазабулеб буго цIех-рехчагIаз сверухъ рукIарал киналго видео бахъулел камерабазул записазул халгьабулеб бугилан.

Кьвагьараб кIиабилеб автомобиль лъица гьенибе бачарабалиги ва цойгидаб автомобилалда гъоркь кьвагьулеб алат лъурав чи вахъун батизе бегьулин абулеб буго гьез.

Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъ гьел балагьал лъугьа бахъиназда хурхун Россиялъул къануналъул 167 ва 205 бутIабазда рекъон уголовияб иш гьабун буго.

Талат къоялъ кьвагьиязул хIасилалда лъукъаразухъе щвана Рамазан ГIабдулатIиповги. Гьес Дагъистаналъул хIукуматалда лъазабуна къокъаб заманалда зарал ккаразе кигIанаб гIарцул кумек хIажат бугебали лъазеги гьабун гьезие гьеб кьейилан.

Гьебго къоялъ кьвагьиял ккараб бакIалде вачIун вукIана Россиялъул диванханаялъул приставазул хъулухъалъул бетIер Артур Парфенчиков.
Гьес кьвагьи ккараб бакIалъул ва дагъистаналъул диванханаялъул приставазул хъулухъалъул минаялъул хал гьабуна ва кьвагьиялъул хIасилалда зарал ккаразе кумек гьабизе бугин жидер хъулухъалъиланги лъазабуна.

Кинаб ва кигIан кумек гьабизе бугебали мухIкан гьабичIо гьес.
XS
SM
MD
LG