МагъчIваялъе рес

Гьанже Вануатуялъул хIукуматалъ Абхазия лъидаго бачIеблъун рикIкIунеб гьечIо


Паракъатаб океаналда бугеб чIинкIиллъиялъул Вануату абулеб гьитIинаб пачалихъалъ нахъе бахъун буго Абхазия лъидаго бачIеб улка хIисабалда цебе къабул гьабураб жиндирго хIукму.

Гьадинаб баян гьабун буго Гуржистаналъул президент Михаил Саакашвилица итни къоялъ Таиландалда рехсараб улкаялъул президент Моана Каркассесгун букIараб данделъиялдаса хадуб.
XS
SM
MD
LG