МагъчIваялъе рес

ГIиракъалда цIияб зулму


ГIиракъалъул бакI-бакIалда итни къоялъ рукIарал кьвагьиязул хIасилалда гIаммаб къадаралда 70 чи чIван вуго. ГIемерал гIадамал лъукъунги руго.

Багъдадалда кьвагьизабьун букIана жанир рахчун тарал бомбабигун щуго автомобиль, жеги кIиго кьвагьи бахъана Басра шагьаралда.

Гьеб зулму халат бахъунеб буго шиитазда ва суннитазда гьоркьоб питна бугеб мехалда.

Аслияб къагIидаялда шиитаздаса гIуцIараб ГIиракъалъул хIукуматалде суннитаз гIунтIизабулеб буго жидерго ихтиярал хвезариялъул гIайиб.
XS
SM
MD
LG