МагъчIваялъе рес

14 чи чIван вуго Апгъанистаналда


ТIалибаз жидеда тIад босун буго итни къоялъ Апгъанистаналъул жанубияб рахъалда бугеб Пол-е-Хомри абулеб шагьаралда бахъараб кьвагьиялъул жавабчилъи.

Живго жинцаго чIвазе хIукму гьабурас кьвагьулеб алат хIалтIизабун жиндаго цадахъ жеги 14 чи чIвана. Гьезда гъорлъ – Багълан вилаяталъул полициялъул нухмалъулев хисулев Расул МохIсени ва гьесул цо чанго нукар.
XS
SM
MD
LG