МагъчIваялъе рес

Литвиненко хвеялъул цIех-рех гьабулаго Россиялъул гIахьаллъиялъул суал борхизе гьечIо Британиялъ


ФСБялъул вукIарав офицер Александр Литвиненко Лондоналда хвеялъул цIех-рех гьабулаго гьеб ишалъулъ Россиялъул гIахьаллъиялъул суал борхизе гьечIо Британиялъ. Гьедин лъазабуна рузман къоялда Франс-пресс агентлъиялъ. Гьезулго баяназда рекъон, Лондоналъул ТIадегIанаб диваналъул тIадегIанав хIалтIухъан Роберт Оуэница гьединаб хIукму гьабун буго февралалда Британиялъул нухмалъиялъ балъгоял документал къватIир чIвазаругеян гьесда гьарун хадуб.
Оуэница абун буго гьединал шартIазда жинда бажаризе гьечIин тIубараб, ритIухъаб ва цонигиязул рахъалдехун цIайи гьечIеб цIех-рех гьабизейин.
43-сон барав Литвиненко хун вукIана Лондоналда 2006 соналда радиоактивияб полониялъ асар гьабун. Гьесул гIагараз рикIкIунеб буго Литвиненко Кремлалъул буюриялдалъун чIванин.
XS
SM
MD
LG