МагъчIваялъе рес

Сириялда оппозициялъ гьужум гьабулеб буго туснахъалъе


Сириялда хIукуматалъул аскаразде дандечIей гьабулез Алеппо шагьаралъул аслияб туснахъалде гьужум байбихьана арбагI къоялда. Оппозициялъул пикруялда, гьенив жанив тIамун вуго президент Башар Асадил режималде данде чIарав нус-нус чи.
Британиялда аслияб офис бугеб Сириялъул инсанасул ихтиярал цIунулезул Централъул баяназда рекъон, вахIщияб рагъ унеб буго туснахъ цIунарал хIукуматалъул аскаразда ва рагъулаб оппозициялда гьоркьоб. Гьеб централъул нухмалъулев Рами ГIабдурахIаманица рикIкIунеб буго гьеб туснахъалъув тIамун вугин 4000-гIанасев чи, гьезулги 250 чи гьениве ахирисеб кIиго соналда жанив кканин.
Туснахъ сверун рагъулаб тунка-гIусиялда ккарал камиязул жеги лъазабулеб гьечIо.
XS
SM
MD
LG