МагъчIваялъе рес

Сочиялда рагIалде рахъана Путинил ва Нетаньяхул кIалъа-ралъаял


Талат къоялда Сочиялда рагIалде рахъана Россиялъул президент Владимир Путинида ва Израилалъул премьер-министр Биньямин Нетаньяхуда гьоркьор кIалъа-ралъаял. Гьениб гьоркьоб лъун букIана Сириялъул суал. Данделъиялдаса хадуб Путиница дунялалъул жамгIият ахIана Сириялда ахIвал-хIал хIалуциналде рачине бегьулел кинал рукIаниги тадбирал тIоритIичIого тезе. Гьебго заманалда магърибалъ дандралел руго президент Башар Асадил режималде данде къеркьолел яргъидалъун хьезариялъул суалал.
Гьединго руго жиндир цебесеб партнёр Сириялъе Россиялъ С-300 абулел ракетабазде дандечIей гьабулеб система кьезе бегьиялъул харбалги. Сириялъул суал гьоркьоб лъезе гьаб анкьалъул ахиралда Москваялде вачIине вуго Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул генералияв секретарь Бан Ги Мунги.
XS
SM
MD
LG