МагъчIваялъе рес

Батун буго америкалъул кIиго пилотасул жаназа



Хъиргъизстаналда батун буго америкалъул кIиго пилотасул жаназа. ЦIатариялдалъун цоги аэропланал хьезарулеб тайпаялъул аэроплан бортун букIана рузман къоялда Хъиргъизстаналъул гъорхъода аскIоб. Гьелда тIад вукIун вуго кинабниги лъабго пилот. НугIзаз абулеб буго аэроплан бортилалде цебе гьаваялда парашютист вихьун вукIанин жидедайин. Официалиял хъулухъчагIаз гьеб баян жеги уяблъун гьабулеб гьечIо.
Катастрофа щай ккарабали жеги лъалеб гьечIо. Аэроплан бортун буго Манасалда бугеб авиабазаялдаса боржун дагьаб заман иналде. Гьеб боржунеб букIун буго Афгъанистаналде ва гьелда тIад букIан буго цIатариялъул 60 тонна.
XS
SM
MD
LG