МагъчIваялъе рес

ТIоцебесеб Май Россиялда


Москваялда, Петербургалда ва Россиялъул цогидал кIудиял шагьаразда тIоцебесеб маялда демонстрациял тIоритIана.

Аслияб къагIидаялда гьезул гIахьалчагIилъун рукIана квегIал радикалазул гIуцIабазул вакилзаби.

«КвегIаб фронталъул» координатор Сергей Удальцовасул баяналда рекъон Москваялда Новопушкинский абулеб ахикь букIараб митингалда гIага-шагарго кIиазарго чи гIахьаллъанин.

Жидерго демонстрациял гьединго тIоритIана миллатчагIаз ва Единая Россия партиялъул вакилзабаз.

Петербургалъул полициялъ къогогIан чи ккуна гьез низам биххизе къасд гьабун букIиналъухъ. Гьел рукIун руго анархистал, ян лъазабуна Интерфакс агентлъиялъ.
XS
SM
MD
LG