МагъчIваялъе рес

ТIадчагIаз кIвекIун лъугIулареб Къакъашура


Къакъашура росдал гIадамал.
Къакъашура росдал гIадамал.

30 апрелалда Дагъистаналъул нухмалъиялъул минаялда цере ракIарун рукIана Гъарабудагъкент мухъалъул Къакъашура росдал гIадамал. Амма гьезие рес щвечIо республикаялъул нухмалъулелгун дандчIвазе. Чанго сон буго жидерго ихтиярал цIунун батIи-батIиял идарабазде гьел хьвадулел ругелдаса.

Къакъашура росдал жамагIатчагIаз Дагъистаналъул ТIадегIанаб диванханаялъул кIалтIа тIоцебесеб данделъи. Гьезул росулъа МукагIил абурав гIолохъанчиясда тIад уголовнияб процесс тIобитIулеб букIиналъул гIилла тIалаб гьабулеб букIана гьез ТIадегIанаб диванханаялъул нухмалъулесдаса.

Гьев гIолиласде гIунтIизабулеб буго Къакъашура росдал гIадамазул ихтиярал цIунун батIи-батIиял тадбиразда гIахьаллъунилан гIайиб. Гьеб тIоцебесеб нух гуро Къакъашура росдал гIадамазул жидерго гIузрабазул рахъалъ республикаялъул тIалъиялде гIарз бахъулеб бугелдаса.

Гьез жидецаго бицухъе гьез гIарз бахъичIеб идара хутIун гьечIо республикаялда. Амма талат къоялъ МахIачхъалаялде рачIиналъе жидер цохIо гIилла бугин чIана гьеб росдал нухмалъулев Тимаев МухIамад.

Гьеб ккола гьезул росдал гIадамаз пайда босулеб букIараб ракь Насрудиновасул къукъаялъ жидеего буссинабун букIин. Насрудинов ккола Къакъашура росдал гIаммаб магIишаталъул бутIаялъул вукIарав нухмалъулев.

Гьелъул хIакъалъулъ гьез хъван букIана чанго соналъ цебе республикаялъул нухмалъулесухъе хъвараб рагьараб кагътидаги жидерго росуцоял Насрудиновазул лъабго гIелалъ жидер магIишаталда кверщел гьабун букIиналъул.

Кинабго байбихьанила лъагIалие 15-25 млн гъурщил хайир кьолеб букIараб гьезул гIанкIуязул ферма хасаб бетIергьанлъиялде кьеялдасан. Хадур гьез рехсолел руго колхозчагIазул бутIа жидее щвезе рес букIараб, амма гьанже гьездаса арал АЗС-ги МахIачхъалаялда ХIамидовасул къотIноб “Россельхозбанк” жаниб бугеб щутIалаяб минаги, рекьулел ракьалги.

Гьез мисалалъе рачунел руго чIванкъотIарал документалги, хIужабиги. 2006 соналъул 30 марталда гьезда лъан буго гьезул колхозалъул акционеразул общество гьабураблъиги. Гьеб хIукму унго-унгоял колхозчагIазда дандги бачIого гьабунин, документазда ругел гъулбасалги жидер гурилан абун росдал гIадамал гIемер. ГIарзахъдана цIех-рехалъул идарабазде, гьаруна митингал.

Цо гьединаб митинг гьез 2009 соналъул 25 декабралдаги тIобитIана гIанкIуязул фермаялъул тIохда. Халкъалъ тIалаб гьабулеб букIанаарендаялъул заман лъугIиялда бан (10 сон) ферма росуцоязухъе тIадбуссинабизе. Амма гьеб бакIалда гIолохъабазда гьоркьоб ккана кутакаб кьвагьа- гIанхъи, – рагъ.

Гьенив чIван вуго 45 сон барав Пайзуев МухIамад-Шарип, лъукъун вуго 15 ниги чи. Амма унго-унгояв чIвадарухъанасул бакIалда, низам цIунулез цогидав лъун вуго жанив, туснахъалъул цохIо сонги кьун.

Гьабизе жо тIагIарал гIадамаз ганчIал речIчIулел рукIанин фермаги ккун чIарал чагIаздеян ракIалде щвезабулеб буго Къакъашура ва Къакъамахьи росабазул гIадамаз кагътида.

Гьединаб ахIвал-хIал бугелдаса ун буго къогониги сон. Гьеб суалалда тIасан президентгун дандчIвазе къваригIун букIана гьезие:

Тимаев МухIамад: «Нижер цохIо бугизего бугеб гьари буго ниж президентас тIаде къабул гьари. Нижер мурад гьечIо ниж сабалъун лъие букIаниги тамихI гьабизе кколин абураб, бокьун буго нижехъ гIинги тIамун Къакъашура гьабсагIат бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъикъат президентасда бичIчIи. Амма гьеб иш лъугьунеб гьечIо жакъа».

Амма президентасухъе ине тIаде щвечIо гьезие. Я гьев, я Халкъияб Мажлисалъул, я хIукуматалъул цонигиял нухмалъулел гьечIин жакъа хIалтIудаян бичIчIизабуна гьезда Пачалихъалъул минаялъул кIалтIа гIадамал къабул гьарулеб бакIалда йигей гIаданалъ.

КIиго батIияб нухалъ президентасухъе хъвараб гIарза бугин жидер гьаниб, гьелъул хIакъалъулъ гьесда лъаIого букIине рес гьечIилан абулеб бугоан Къакъашура росдал нухмалъулес.

ПалхIасил байрам къояздаса хадуб президентгун дандчIвазе къотIигун нахъ ана гьел гьениса.
XS
SM
MD
LG