МагъчIваялъе рес

Страсбургалъул диваналъ Тимошенкол рахъ ккуна


Инсанасул ихтиярал цIунулеб Страсбургалъул диваналъ Украиналъул йикIарай премьер-министр Юлия Тимошенкол гIарз гIадахъ босун, гьей туснахъалде жание тIами рикIкIана гьелъул ихтиярал хвезарилъун.

Гъоркьиса октябрь моцIалда Украиналъул махIкамаялъ хIукму гьабун буго Тимошенко 7 соналъ жание тIамизе. Гьелда чIвараб гIайиб – Россиялъулгун газ бичиялъул къотIи къай гьабулаго къанунал хвезари.

Жийго Юлия Тимошенкоца абулеб буго гьеб бугин Украиналъул гьанжесев президент Виктор Януковичил жигаралдалъун ургъунго гьабураб ишилан.

Тимошенкоца гьединго абуна туснахъалда жий инсанасде данде кколарел шартIазда йигин.
XS
SM
MD
LG