МагъчIваялъе рес

Гендерие бецIизе буго гIицIго бека-биххараб къайи-цIа


Генуб росулъ хасаб операция гьабулаго, цо-цо бакIазда вахIшияб куцалда бан бугоан чIухь. Aпр2013.
Генуб росулъ хасаб операция гьабулаго, цо-цо бакIазда вахIшияб куцалда бан бугоан чIухь. Aпр2013.

Чанго къоялъ цебе рагIалде бахъана Унсоколо мухъалъул Генуб тIобитIараб хасаб операция. Гьанже гьениб хIисаб гьабулеб буго аскарияз гендерил мина-карталъеги мал-мулкалъеги ккараб зарал.

Росдал администрациялдасаги, гIорхъолъа рорчIарал ахIвал-хIалазул министерлъиялдасаги, хIукуматалдасаги вакилзабаз чIезабизе буго гьеб.

Бищун цIикIкIун рецIел хIисабалда кьолеб гIарцул къадарги гIицIго 50 азарго гъурущ гурони гьечIилан абулеб буго гендерица.

Буго цойги гIунгутIиги – гьезие бецIизехъин гьечIо бека-биххараб къайи-цIаги мина-картги гурони. Къайи-цIа бикъун букIин чIезабизе кколеб буго диванханаялде гIарзаги хъван.

Генуса РахIиматица Эркенлъи Радиоялъе бицана мадугьалзабазе гурони, жиндие зарал ккечIилан.

РахIимат: «Ккараб жо цIехолел ругоха, бека-биххараб жо гурони, бикъараб жо бецIуларилан абулеб буго, комиссия гьабулеб буго. Дир рукъалъе гьабураб жо гьечIо, битIараб бицанани, хъиша-кIитIун гурони.

Гьабурал чагIиги руго – анкьго-микьгониги рукъ буго кьвагьизабун, чIухь балелин абун бегунисан бахъун кинабго.

Гьелда тIадеги малал ран, рекIелгъеялъе гъура-чункун буго рокъоб бугебщинаб жо – холодильникал, ноутбукал, бихьиназул чемоданал. Лъида гьикъаниги, бикъун анилан абулеб бугоха».

Генуб хасаб операция тIобитIиялъе гIиллалъун букIана аскариязе гьенир яргъид гIуцIарал кквезе къваригIин. Гьеб тадбир лъугIизегIан руччабиги лъималги гендерида аскIоб бугеб Временный абулеб поселокалде гочинарун рукIана.

ГочинчIого росулъ чIарал бихьиназул цояв ккола ПатахIил Наби. Гьес Эркенлъи Радиоялъе бицана жинца хIаракат бахъулаанин гIурусазда хадуб халкквезе. Гьедин гIурусазда дагIба гьечIо гьесул, Дагъистаналъул омоналъулазда гурони.

ПатахIил Наби: «ГIурусазда бараб жо щибниги гьечIо, нилъерго Дагъистаналъул ОМОНалъулазда гурони. Бокьани магIарулал рукIа гъол, бокьани даргиял яги лъарагIал рукIа. Ругоан квер хъвачIого тарал бакIалги.

Амма цо-цо бакIазда вахIшияб куцалда бан бугоан чIухь – холодильникал кIала-гъоркье чIвазарун, тIад малал ран, телевизоразда гъоркь лъолел алатал хутIун гьечIо рукъзабахъ.

Цоясул рокъоса ун батана гамачI хъухъалеб станокгицин (гIезегIан бакIаб жо букIаниги). Къвалакь ккун найил тIулби ун руго цогидасул добаса. БитIараб-гьереси лъаларо, цоязул рокъоса тIубараб гардероб, цогидазул добаса руччабазул косметика ун бугилангицин буго бицунеб».

ПатахIил Набица бицухъе, гьесулги гьесул васасулгун ясалъул мина-карталъе гьабураб зарал щибниги батун гьечIо.

Гьединго Набил ясалъул бакIалда чIухь барал Гумбеталъул омоналъул хIалтIухъабаз жидедаго хадуб цIарагIги чурун, цинги жидеца гьениб жаниб кванараб жо хIалал гьабеян кагъталгицин тун ратун руго.

Гьединго жидеца кваралъул багьаяб гIарац тарал хIужабиги лъугьун руго.

Гумбеталъулазулго гIадаб берцинаб хьвада-чIвади Гъунисезул ОМОНалъулазулги халлъанин бицана Набица.

Амма генал рази гьечIо жидерго мухъалъул Шамилхъалаялдаса ОМОНалъулаздаса.
XS
SM
MD
LG