МагъчIваялъе рес

ГIиракъалда нахъеги кьвагьдей


Итни къоялъ ГIиракъалда букIараб кьвагьдеялъул хIасилалда 30-гIан чи чIван вуго. АнцI-анцIгояв лъукъана.

Аслияб къагIидаялда кьвагьиял гьарун рукIана шиитаз яшав гьабулел бакIазда.

Эль-Амара абулеб шагьаралъул базаралда бахъараб кьвагьиялъ 16 чи чIвана. Эд-Дивания шагьаралда жаниб бахчун тараб бомбагун автомобиль кьвагьун хадусала анкъго чи гIумруялдаса ватIалъана. Кербела шагьаралда бахъараб гьвагьиялъ шуго чи чIвана.

Гьел терактазул жавабчилъи тIад жеги лъицаниги босичIо.
XS
SM
MD
LG