МагъчIваялъе рес

Сириялъул премьер-министрасде гьужум гьабун буго



Сириялъул Пачалихъияб телевидениялъ итни къоялъ лъазабуна щалали лъаларез премьер-министр Ваиль аль Халкъи чIвазе къасд гьабунин.

Нухта бахчун тараб кьвагьулеб алат хIалтIизабун букIана аскIоса гьесул автомобил унеб мехалда. Гьев чIаго хутIана. Руго лъукъарал.

КIудияб Британиялда ругел Сириялъул инсанасул ихтиярал цIунулезул баяналда рекъон премьер-министрасул цо нукар чIван вуго.
XS
SM
MD
LG