МагъчIваялъе рес

Жовгьар Царнаев туснахъалъул азарханаялде вачун вуго


Америкалъул Массачусетс штаталъул Бостон шагьаралда 15 апрелалда кьвагьиял гьариялда щаклъи бугев Жовгьар Царнаев «Бет Исраэль» абулеб медикияб централдаса Форт-Девенс шагьаралда бугеб туснахъалъул азараханаялде вачун вуго.
19 апрелалда полициягун кьвагьдолаго щварал захIматал ругънал сах гьарулел руго гьес. Гьебго къоялъ чIван вукIана гьесул кIудияв вац ва гьесда цадахъ кьвагиял гьариялда щваклъи бугев Тамерлан Царнаев. Лъукъун вукIарав Жовгьар гьеб къоялъ полициялъ ккун вукIана.
Бостоналда 15 апрелалда гьабураб кIиго кьвагьиялъул хIасилалда хун вукIана лъабго ва лъукъун вукIана 260-ялдаса цIикIкIун чи.
XS
SM
MD
LG