МагъчIваялъе рес

«Голосалда» тIад гIакIа къотIун буго


Москваялъул Пресненский мухъалъул диваналъ 300 азарго гъурщил гIакIа къотIун буго «Голос» абулеб рищарухъабазул ихтиярал цIуниялда сверун ассоциациялда тIад. Диваналъ чIезабун буго рехсараб ассоциациялъ «къватIисел улкабазул агенталъул» ишал тIуразарулеб идара хIисабалда «коммерциял гурел гIуцIабазул ай НКОязул хIакъалъулъ къанун» хвезабун бугин.
Минюсталъул гIарзаялда абулеб буго гьеб идараялъе къватIисел улкабаздаса финансазул кверчIвайги бугин, Россиялъул территориялда гьелъул политикияб хIаракатчилъиги бугин ва гьебго заманалда жиб къватIисел улкабазул агент бугин регистрацияги гьелъ гьабун гьечIин.
«Голосалъул» вакилзабаз гьел киналго гIайибал нахъчIвалел руго. Гьелъул ишал тIуразарулей директор Лилия Шибановалъ «Интерфаксалъе» лъазабуна НКОязул цIияб къанун къуваталде лъугьаралдаса жидер идараялъе къватIиса кинабгIа гIарац бачIун букIинчIин, щайгурелъул лъил рукIаниги тIалабалги жидеца тIуразарулел гьечIин лъил рукIаниги агентлъунги жал кколарин.
XS
SM
MD
LG