МагъчIваялъе рес

СССРалде тIадруссин: Советияб Союз кьераздалъун. 1963 сон

ХIурул цIураб антикварияб тукада Фрэнк Синатрал басриял пластинкабазда ва кьер свараб «National Geographic» даптаразда гьоркьоб тIогьиллъараб газетаялда гъорлъ жемун ратун буго гьал суратал рахъал слайдал. Газета батун буго 1963 соналъ къватIибе биччараб. ТIаде балагьун биччун буго цо сураталда Москваялъул БагIараб Майдан букIин.

Кинабниги букIун буго Советияб Союзалда бахъараб 24 слайд, амма тIокIаб щибго лъалеб букIун гьечIо.

Лъала: 1) Суратал рахъун руго 1963. 2) Гьел руго кьерал ругел суратал. 3) Аслияб къагIидаялда гьел руго Москваялъул къватIахъ рахъарал, цо-цоял ратула Украиналда рахъаралги. 4) Гьел цIакъ лъикI цIунун хутIун руго. 5) ТIоцере гьел кьун рукIана Vintage Everyday сайталда. Гьелъ разилъи кьуна Эркенлъи Радиоялъул сайталда гьел кьезеги.

Лъаларо: 1) Лъица гьел рахъарал. 2) Суратазда рахъарал гIадамал щалали.

Цойги

XS
SM
MD
LG