МагъчIваялъе рес

Дагъистаниял цIидасан ахIулел руго армиялде, амма...


Цо заманалда чIезе тун букIана Россиялъул армиялде дагъистаниял ахIулеб къагIида. Ахир-къадги гьелдаса инкарги гьабун, дагъистаниял ахIизе байбихьана Россиялъул армиялъ.

Амма гьел ахIулел руго нагагьлъун гьезул жаваб кьолев чи вахъанани. Гьедин гьабула, мисалъе, къарзалъе банкалдаса гIарац босулеб мехалда. Гьеб босарав чиясда налъи бецIизе кIолеб гьечIони, гьесул жаваб кьола доб жавабчилъи тIаде босарав чияс. Гьев вукIине бегьула гьесул гIагарав чи, мадугьал, гьудул-гьалмагъ.

Гьанже гьединавго чи къваригIинехъин вуго армиялде гIолохъанчи витIизе кканиги. Россиялда билълъун араб пикру буго армиялда бищунго цIакъ гIадлу-низам Кавказалдаса гIолохъабаз хвезабулин абураб. Гьелда базабулеб букIана хъулухъ гьабизе цо заманалда гьел ахIунгутIиги.

Амма дагъистанияз, гьединго цогидал кавказиязги абула черх лъадарарал, къуватал, бажари бугел рукIиналъ рокьуларин жал дора.

ПалхIасил, дагъистанияз армиялда гIадлу-низам хвезабунгутIиялъул жавабчилъи тIаде босулел чагIи ратун хадур гурони гьел доре росулел гьечIо. Масала, гIадамазда гьоркьоб къадру-къимат бугел чагIазда гьединаб жавабчилъи тIадкъазе рагIула росдал, шагьаралъул нухмалъиялъ.

Гьеб къагIида мекъаблъунги конституциялда рихьизарурал ихтиярал хвезарулеллъунги рикIкIунеб буго Гъагъалъа юрист Сулейманов Сулейманида.

Сулейманов Сулейман: "Армиялде унев чиясул жаваб кьезе чи щвани гурони гьенире ритIунгутIиялъул магIна щиб? Конституциялда хъван бугелъул щивав чиясда тIадаб бугин улка цIунизеян. Гьениб цоги магIна буго.

Цере гIадин офицерал гьечIо Россиялда. Щайин абуни цебе бокьараб миллаталъул чиясул рсе убкIана офицерлъун вахъине. Гьанже (рагьун абичIониги) гIицIго гIурус яги жугьутI миллаталъул гурони чи витIулев гьечIо офицераллъун цIализе.

Гьединлъидал гьел дагьлъунги ругел. Амма гьедин цIалун рахъарал офицеразда кIолеб гьечIо армиялда гIадлу гьабизеги, гIолохъабазе тарбия кьезеги. Цебе Кавказалъул гIолохъабазда гIемер жо тIадкъалеб, гьезухъа гIезегIан жо бажарулеб букIунаан... Гьанже гьелъул миллат гьабулев чи гьечIо...
Гьеб цо. КIиабизе, гьаб бицен гьабулеб хIукмуялъ бихьизабула Россиялда гIадамазул кIиго батIияб сорт букIин - колониялъул система.

Колониялда гIумру гьабулел чагIи кколел руго гIурусал гурел цогидал миллатал, республикаби. Гьел республикабазда гьоркьорги руго рикьалаби - кавказиялги цогидалги. Гьелдалъун бихьулеб буго Россия Федерациялъун гуреб, биххизе къачIараб, кьучIго гьечIеб пачалихълъун".

ЦIакъго диналда гъорлъе арал гIолилаз рикIкIуна армиялда хъулухъ гьаби хIажат гьечIеб пишалъун. Гьединлъидал гьез инкаргицин гьабула гьелдаса. Гьедин армиялде ине бокьичIого рахчарун, рагъулаб комиссариаталъ ралагьулел ругел гIолохъабазул къадар щуазарго кколин абулеб буго Дагъистаналъул рагъулав комиссар Мустафаев Дайтбегица.

Амма руго гIарац кьунги гьенир ине къваригIаралги. Гьедин цо-цо гIолилаз хIалбихьун бугоан рагъулал комиссариатазда ругел хIалтIухъабазе ришват кьезегицин. Амма Эркенлъи Радиоялъе жидер цIар бицине разилъичIо гьел.

ГIарац кьунги хъулухъ гьабизе къваригIиналъе гIиллаги буго. Армиялда хъулухъ гьабураблъи бихьизабураб билет букIун гурони Дагъистаналда гIолохъаби пачалихъиял хъулухъазде росулел гьечIо.

Цебе гIадин Дагъистаналдаса цIикIкIун гIолилал армиялде ахIейин Пачалихъияб Думаялъул депутатазги гьарулеб букIана Россиялъул улка цIуниялъул министрасда.

Гьанже цIитарав министр Сергей Шойгуца рагIи кьун буго 2013 соналда жанив армиялде ункъазаргогIан дагъистанияв ахIизе. ЦерегIан соназдайин абуни лъагIалида жанив къоазариде гIунтIун чи унаан Дагъистаналдаса гьениве. Гьаб ихдал заманалда гьениве витIизе рагIула анкьнусидаса цIикIкIун гIолохъанчи.
XS
SM
MD
LG