МагъчIваялъе рес

Санкт-Петербург Петросянил бераздалъун

Александр Петросяница 35 соналда жаниб гIумру гьабулеб буго Санкт-Петербургалда. Гьес рахъарал суратаздалъун Россиялъул кIиабилеб шагьар бихьула цого мехалъ берцинаблъун ва мискинаблъун, гвангъараблъун ва цIорораблъун, аваданаблъун ва пашманаблъун... Александр Петросян гьавуна ва гIуна Украинаялда. Махшалил даражаялда суратал рахъизе гьес бьайбихьана 2000 соналда «Коммерсант» абулеб басмаялъул фотомухбирлъун вахъараб мехалда. Гьев мустахIикълъана гIемерал шапакъатазе, гьезда гъорлъ дунялалда цIар арал "Newsweek" ва "National Geographic" абулел журналазул редакцияз кьуралги. А.Петросянил фотоблог - http://petrosphotos.livejournal.com/

Цойги

XS
SM
MD
LG