МагъчIваялъе рес

Афгъанистаналда чIван вуго Америкалъул анлъго чи


Афгъанистаналда шамат къоялда гьабураб кIиго теракталъул хIасилалда гьединго хун вуго Америкалъул анлъго чиги цо афгъанав-тохтурги. Рехсарал анлъгоязда гьоркьой йикIун йиго Пачалихъияб департаменталда хIалтIулей йикIарай гIаданги. Гьел терактазе кьварараб къимат кьолеб букIана Америкалъул пачалихъияв секретарь Джон Керрица.
Араб шамат къо букIана ахирисеб микьго моцIалда жаниб америкалъул къуватазе бищунго бидулаблъун.
XS
SM
MD
LG