МагъчIваялъе рес

Ираналъул атомияб программаялда сверун диалогалъул кIиабилеб къо


Ираналъ ва дунялалъул церетIурал улкабаз Алматыялда тIоритIулел кIалъа-ралъаязул кIиабилеб къо букIана шамат къо, амма лъазабиязда рекъон, гьезул жеги хIасил баккун гьечIо. Шамат къоялъул радал, жидер атомияб программаялда сверун гьеб данделъи унеб ираналъул рахъ батIа-батIаго дандчIван рукIана цин гIурус ва хадуб китаялъул делегациягун. Гьел кIирахъазулал данделъиял «хIасил кьурал» рукIанин лъазабулеб буго Ираналъул пачалихъияб телевидениялъ, амма мухIкан гьабулеб гьечIо кинаб хIасилали.
XS
SM
MD
LG