МагъчIваялъе рес

«Грозный-Ситиялда» цIа рекIун буго


Чачаназул тахшагьар Грозныялда цIа рекIун буго 40 талаялъулаб «Грозный-Сити» абулеб гIадамаз гIумру гьабулеб комплексалда. Интернеталда лъурал суратазда ва видеоялда бихьулеб буго гьеб минаялъул цо рахъ цIадуца кверде босун букIин. Цересел баяназда рекъон, минаялъуса киналго гIадамал гочинарун руго. БакIалъул гIадамаз лъазабулеб буго гьединаб борхалъуда рекIараб цIа свинабизе бажарулеб техника шагьаралда гьечIин.
XS
SM
MD
LG