МагъчIваялъе рес

Пакистаналда кьвагьиялъул хΙассилалда хун вуго кΙиго чи


Пакистаналъул Банну абураб шагьаралда аскΙоб ккараб кьвагьиялъул хΙассилалда хвана кΙиго чи, анлъгояв лъукъана. Бомба кьвагьун буго бакΙалъулав политик Аднан Вазирил автоколонна унеб букΙараб нухда. Гьесие зарал ккун буго ва щвезавун вуго азарханаялде.

Авами абураб миллияб партиялдаса парламенталъул депутатлъун вукΙарав Аднан Вазирил планалда рагΙула Хайбер-Пухтунхва провинциялъул нухмалъиялъул идарабазул рищиязда гΙахьаллъизе.

Гьанжеги лъицаниги тΙаде босун гьечΙо тΙадекΙанцΙиялъул жавабчилъи. Амма «Техрик-Талибан» абураб экстремистияб къокъаялъ цо нухалъ гуреб хΙинкъаби кьолел рукΙарал Авами абураб миллияб партиялъул гΙахьалчагΙазе.
XS
SM
MD
LG