МагъчIваялъе рес

ФСБялъул хΙалтΙухъабаз загьир гьабулеб буго протест


Россиялъул федералияб хасаб хъулухъалъул централияб аппараталъул хΙалтΙухъабаз жидерго акция тΙобитΙун буго гуржиязул гражданав ва бизнессмен викъиялъул ва гьесухъан гΙарац бахъиялъул щаклъи бугев Чачан республикаялъул жанисел ишазул министрелъиялъул хΙалтΙухъаби эркен гьариялде данде.

«Новая газетаялъ» республикаялъул бетΙер Рамзан Къадировасда гьарун буго, ккун рукΙарал гьесул хъаравулзаби рукΙин тасдикъ гьабизе яги нахъ чΙвазе.

Газеталъ гьединго Россиялъул цΙех-рехалъул комитеталъул бетΙер Александр Бастрыкинида гьарун буго, гьел хΙалтΙухъаби эркен гьариялъул буюр кьурав чиясул цΙар бицян ва гьеб ишалъул цΙех-рех гьабулеб вукΙарав Чингиз Бериков хъулухъалдаса нахъе вахъиялъул багьана загьир гьабеян.
XS
SM
MD
LG