МагъчIваялъе рес

Цолъарал штатазул пачалихъияв секретарь щвана Афгъанистаналде


Цолъарал штатазул пачалихъияв секретарь Джон Керри ракΙалдаги гьечΙого щвана Афгъанистаналде. Гьес улкаялъул нухмалъиялъулгун гьоркьоб лъун руго афгъанистаналъул къуватиял структурабазул тΙолабго контролалде гъоркье ахΙвал-хΙал буссинабиялъул суалал.

Дандбараб планалда рекъон, америкаялъул рагъул къуватал Афгъанистаналдаса нахъе рачине ккола 2014 соналъул ахиралде щвелелде. Вашингтоналъ рагΙи кьолеб буго, гьелда хадубги афгъанистаналъул хΙинкъигьечΙолъиялъул къуватазул хΙалтΙухъаби ругьун гьари халат бахъинабизе.

Итни къоялда америкаялъул рагъулаз официалияб къагΙидаялда афгъанистаналъул нухмалъиялъул контролалде гъоркье кьуна Парван абураб рагъулаб туснахъ.
XS
SM
MD
LG