МагъчIваялъе рес

Кипралъул суалгун гьоркьоб кIалъа-басаял байбихьана


Кипралъул хIукуматалъ лъазабуна 10 миллиард евроялде бахунеб хехаб кумекалъул суалгун гьоркьоб Евроцолъиялъулгун байбихьарал кIалъа-басаял захIматаб хIалалда хутIулел ругин.

ГьатIан къоялъ Брюсселалде сапар бухьарав Кипралъул президент Никос Анастасиадисица Евроцолъиялъул ва Халкъаздагьоркьосеб Валютияб Фондалъул вакилзабазулгун данбазехъин буго Кипралъул банкротлъи цебеккунго нахъ чIваялъул суал.
XS
SM
MD
LG