МагъчIваялъе рес

Пакистаналда цIияб кьвагьи


Пакистаналъул Белужистан вилаяталда Дера Аллагь Яр абулеб шагьаралъул базаралда бахъараб кьвагьиялъул хIасилалда 7 чи чIван вуго, 30 гIанасевги лъукъана.

Гьеб теракталъул жавабчилъи жеги лъицаниги тIад босичIо.

Белужистаналда ахирисеб мехалда цIикIунел руго радикалиял суннитазул къукъабаз шиитазде гьарулел тIаде кIанцIиял.

Гьеб вилаяталда гьединго жигараб хIаракат бахъулеб буго белуджи абулеб къавмалъул вакилзабазги. Гьез тIалаб гьабулеб буго жидерго автономия.
XS
SM
MD
LG