МагъчIваялъе рес

Сириялъул къеркьохъаби яргъидалъун хьезариялдаса эмбарго жеги бахъун гьечIо


Брюсселалда тIобитIараб саммиталда Европалъул Цолъиялъул улкабазул лидерал жеги рачIун гьечIо Сириялда президент Башар Асадил низамалде данде къеркьолел яргъидалъун хьезариялъе лъун букIараб европалъул эмбарго нахъе бахъиялъул суалъулъ цо пикруялде.
ТIасияб анкьалда Дублиналда тIобитIизе буго Евроцолъиялъул улкабазул къватIисел ишазул министразул данделъи. Гьелъул гIахьалчагIи цIидасан тIадруссине руго гьеб суалалде. Эмбаргоялъул болжал лъугIуна маялъул ахиралда.
Франциялъул президент Франсуа Олландица лъазабун букIана, Сириялъул режималъе къваригIун гьечIин конфликт рагIалде бахъинабизе. Гьесул рагIабазда рекъон, Франция хIадураб буго эмбарго Европаялъ нахъе бахъичIониги сириялъул хIукуматалъе дандечIей гьабулел яргъидалъун хьезаризе. Британиялъги рахъ кколеб буго эмбарго нахъе бахъиялъул. Амма Алмания ва Европаялъул цоги улкаби гьеб инициативаялде дандечIун руго.
15 марталда тIубана кIиго сон Сириялъул халкъ гIемераб къадаралда режималде данде бахъаралдаса. ТIоцересел протесталъул акциял рукIана Дераа шагьаралда 2011 соналда. Конфликт байбихьаралдаса Сириялда хун вуго 70 азарго чи ва миллионалдаса цIикIкIун чи улкаялдаса лъутизе ккун вуго. Гьединал баянал кьолел руго Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъ.
XS
SM
MD
LG