МагъчIваялъе рес

Рималъул Папалъун вищун вуго


Рималъул Папалъун вищун вуго. Гьев щивали жеги лъалеб гьечlо. Папа вищун вукIин лъана Европалда сагIат анкьго тIубараб гIужалда Сикстинская каппелаялъул тIалдихъан хъахIаб кIкIуй бачIараб ва килисаязул цIурмазул гьаракь бахъараб мехалда. Папаца вахъине ккола мунагьал гьечIев Петрил майданалда бакIарараб халкалде цеве гlагараб заманаялда. Папа вищизе 115 кардиналасдасан гIуцIараб конклав бакIарун букIана талат къоялда цевесв Папа 85 сон барав Бенедикт 16-билев февралалъул ахиралда гьеб хъулухъалдаса нахъе ун хадуб. Гьев вуго 600 соналда жаниб гьеб тах жиндиего бокьун тарав тIоцевесев понтифик.
XS
SM
MD
LG