МагъчIваялъе рес

Россиялъулгун Болгариялъул нартил рогΙородул проекталъе нух къана


Хамис къоялда Болгариялъул парламенталъ гьаркьал кьуна Бургас шагьаралдасахун Грециялде нартил рогΙоро цΙалъул Россиялъулгун цадахъаб проекталдаса инкар гьабиялъе. ХΙукмуялъул рахъ ккуна 115 депутатас, данде вукΙана - 25.

Премьер-министрасул хъулухъалдаса нахъе унев Бойко Борисовасул рагΙабазда, финансазул шартΙал хисиялда бан, кΙигогΙан миллиард доллар багьаялъул проект гΙумруялде бахъинабиялъул магΙна гьечΙо.

Гьеб къотΙи-къаялдаса инкар гьабиялъул цебелъей Москваялъеги Афинабазеги Софиялъ гьабун букΙана сон цебеккун.
XS
SM
MD
LG