МагъчIваялъе рес

Москваялъ Малиялде битΙизе бегьула рекъел чΙезабиялъул контингент


Москваялъ лъазабуна, Малиялде рекъел чΙезабиялъул операциялда гΙахьаллъизе россиялъул контингент гΙахьаллъиялъул суал Цолъарал миллатазул гΙуцΙиялъулгун гьоркьоб лъезе жиб хΙадураб бугин. АрбагΙ къоялда гьелъул хΙакъалъулъ лъазабуна Россиялъул къватΙисел ишазул министерлъиялъул вакил Александр Лукашевичица.

Араб анкьалда Цолъарал миллатазул гΙуцΙиялъул Генералияв секретарь Пан Ки Муница лъазабуна, Малиялда Цолъарал миллатазул гΙуцΙиялъул къуватал ритΙиялъул суал гьоркьоб лъезе кколин нахъ тΙамичΙогоян.

Малиялда жакъаялде руго Африкаялъул цолъиялъул къуватал.
XS
SM
MD
LG