МагъчIваялъе рес

Сталинил репрессиязул къурбанал

Сталинил репрессиязул заманалда чан чи чlван вукlарабали мухlканго лъалеб гьечlо. Тарихчагlазул пикруялда рекъон, гьезул къадар цо миллионалдасаги цlикlкlун буго. 1937-38 соназда репрессиял бищунго кьварараб мехалда НКВД-ялъ цо къоялда жанив чlвалев вукlана 1000 чи-аслияб къагlидаялда ботlролъ гулла речlчlун. НИжеца кьолел руго сталинил репрессиязул къурбаназул суратал. Гьел руго гьел гlадамал чlвазе чанго къо хутlараб мехалда рахъарал суратал. Лъица гьел рахъаралали лъалеб гьечlо, гьезул оригиналал цlунун руго ФСБ-ялъул ва ГАРФ-алъул архивазда. Москваялъул «Мемориалалъ» кьурал копиял рахъун рукlана Томаш Кизнал ва Доминик Руанетал «СССРалда Кlудияб террор, 1937-1938» абураб тlехьалда (Les Editions Noir sur Blanc, Lausanne 2013).

Цойги

XS
SM
MD
LG