МагъчIваялъе рес

Воркута: хlалтlул мархьияздаса индустриалияб коллапсалде

Урал мугІрул байбихьулеб бакІалда, полярияб горалдаса 150 километралъул манзилада тІурччи бахъиялъул мурадалда Воркутаялда аскІорехун хІалтІул мархьиял рана 1931 соналда. Совет Союзалъул бищунго кІудияб тІурччи бахъулеб бакІалде буссинегІан гьенир 25 соналъ хІалтІана туснахъал ва тамихІ хІисабалда гьенире гІумру гьабизе ритІарал гІадамал. Гьениб гІуцІана къогоялдаса цІикІкІун шахта ва турчІи бахъулезул чанго росу, электростанция, Воркута шагьаралде щвезегІан цІияб маххул нух. Жакъа Вокута ккола коррупциялъги мискІинлъиялъги хвезабулеб бугеб индустриалияб шагьар. Суратазда бихьизабун буго ГУЛАГалъул ва жакъасеб заманалъул Воркута.

Цойги

XS
SM
MD
LG