МагъчIваялъе рес

ХΙамид Карзайица гΙайибал чΙвалел руго Пакистаналда


Афгъанистаналъул президент ХΙамид Карзайица Пакистан какулеб буго, терроризмалде данде къеркьеялъе гΙурал тадбирал гьарулел гьечΙин абун.

НАТОялъул Генералияв секретарь Андерс Фог Расмуссенгун цадахъ журналистазда цеве вахъунаго, гьес лъазабуна, талибазулгун ракълилаб хΙукмуялде рачΙиналъе мадугьалияб Пакистаналъ, квербакъи гьабулеб гьечΙин, гьарулел гьечΙин киналгΙаги хΙакъал галабиян.

Гьесулго рагΙабазда Пакистаналъул Кветта ва Карачи шагьаразда гьарурал тΙадекΙанцΙияз бихьизабулеб буго, ахΙвал-хΙал контролалдаса борчΙулеб букΙин ва кΙиябго рахъалда «гьеб цΙаялъул бухΙи щолеб букΙин».
XS
SM
MD
LG