МагъчIваялъе рес

Карзаица буюри кьуна хасал хъулухъазда тIад контроль гьабизе.


Апгъанистаналъул президент ХIамид Карзаица буюри кьуна Цолъарал Штатазул хасал хъулухъчагIазулгун цадахъ низам цIунулел Апгъанистаналъул киналго хасал хъулухъазда тIад кьварараб контроль гьабизе.

Ахирисеб заманалда гIемерал ракълилал гIадамаз гIарз гьабулеб буго гьединал хасал хъулухъчагIаз гIазаб-гIакъуба кьолеб бугин жиндие абун.

ХIамид Карзаил пресс-секретарь Аймал Файзица дурус гьабуна, Апгъанистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул контролалда гъоркь хIалтIулеб бакIалъулаб полициялда гьеб буюри хъинтIулеб гьечIин.
XS
SM
MD
LG