МагъчIваялъе рес

Америкалъул конгрессменасе Россиялъ виза кьечIо


Цолъарал Штатазул республиканияб партиялъул вакил Чак Хейгелица гьа бана Пентагоналъул цIияв бетIер хIисабалда.

Хейгел ккола Вьетнамалда букIараб рагъул ветеранлъун. Ва Небраска штаталдаса вукIарав сенаторлъун.

Цолъарал Штатазул вакилзабазул Палатаялъул мушаварачи Кристофер Смитица лъазабуна, Россиялъ жиндие виза кьечIин.

Гьединаб хIукму гьес базабулеб буго жинца Магнитскиясул актилан абураб къанун хIадур гьабиялда гIахьаллъи гьабун букIиналда.

Кристофер Смитил хиял букIун буго Москваялде сапар бухьизе Америкалъул хъизаназе Россиялъул бесдал лъимал хьихьизе гьукъулеб Россиялъул цIияб къануналъул суал дандбай мурадалда.

Смитица тIаде жубана цебе жиндие виза кьеялдаса инкар гьабунин Китаялъул, Белоруссиялъул ва Кубаялъул тIадтараз.
XS
SM
MD
LG