МагъчIваялъе рес

МатIу


МатIу
please wait
Embed

No media source currently available

0:00 0:03:10 0:00
Интернет-мухъ

Дунялалда лъидаго бачІеб, лъикьаго хІинкъулареб, лъиениги хІелулареб, лъиданиги нахъасан кIалъалареб, кинабго бадибе бицунеб, кинабго хІакъикъат ракІбацІадго бихьизабулеб жо щиб? -МатІу! Нижер «МатІуялъги» кинабго бицуна нижер мухбиразул объективалде ккараб квешабги лъикІабги бихьизабун. Абухъего: «МатІуялда гІайиб щиб гьумер кичIараб бугони» ----------------------------------------------------------------- ----------------------------------------------------------------------------- Нижер мухбир Зульфия ХІажиевалъул объективалде ккун буго 26 февралалда МахIачхъалаялда тIобитIараб низам цIунулел идарабазул хIалтIухъабилъун рукІаразул митинг. Аслияб куцалда гьел рукІана «Экспресс» банк банкротлъиялде ккун, страхованиялъе пачалихъалъ биччалеб гІарцудаса махІрумлъулел гІадамал. Гьезда гъорлъ руго гьединго хъулухъазда лъукарал ва пенсионерал.

XS
SM
MD
LG