МагъчIваялъе рес

Москваялда тIобитIана Россия-ГIарабазул улкаби форум


Россиялъул къватIисел ишазул министр Сергей Лавровас абуна гьесул улка цебегогIадин хIадураб бугин Сириялъул хIукуматалда ва оппозициялда гьоркьор кIалъа-ралъаял гьаризе платформалъун букIинейин.
Лавровас гьедин абуна арбагI къоялда Москваялда Россиялъулгун-ГIарабазул форумалдаса хадуб.
Гьес гьединго абуна Россияги гIарабазул улкабиги хIалтIулел ругин Сириялда дандечIей гьабун бугеб кIиябго рахъ гIагарлъизабиялда тIадин. Лавровасда кIвар бугеблъун бихьулеб буго гьел рахъазул кIалъа-ралъаял гIуцIулаго, гьезие «цересел шартIал» чIезарунгутIи.
Сириялъул кризис рагIалде бахъинабиялъулъ аслияб кIвар ГIарабазул улкабазул Лигаялъул букIине кколинги рикIкIунеб буго министрас.
Рехсараб Лигаялъул генералияв секретарь Набиль эль-ГIарабица абуна Сириялда кIиго соналъ халат бахъунеб конфликталъулъ маслигIат гьабизелъун сириялъул хIукуматалде Москваялъул асаралъул кIвар кIудияб бугин.
XS
SM
MD
LG