МагъчIваялъе рес

«Шамил жеги тIуванго лъалев гьечIо халкъалда»


ГIадатлъун билълъухъе 4 февралалда Дагъистаналда ракIалде щвезавула КIудияв Имам Шамил. Республикаялда цебегоялдаса нахъе хIалтIулеб бугеб кIудияв имамасул цIаралда бугеб фондалъги Шамил ракIалде щвезабиялъул тадбир тIобитIана итни къоялъ тахшагьаралда.

Цо-цо тарихчагIаз цIакъго хашаб къимат кьолеб буго фондалъул жакъасеб хIаракатчилъиялъе. Гьединлъидал кIудияв имамасул къеркьеялъул цIиял баянал лъазарулеб цойги жамгIияб гIуцIи хIалтIулеб буго араб соналдаса байбихьун Дагъистаналда.

Дагъистаналъул лъабабилев имам Мадинаялда къадаралде шваралдаса исана тIубала 142 сон. ГIадатлъун билълъухъе Имам Шамилил цIаралда бугеб фондалъ данделъи тIобитIана республикаялъул Миллияб бибилиотекаялдаги.

Амма щибниги цIияб жо гьеб данделъиялда Шамилил цIаралда бугеб фондалъ бицинилан кколарин жиндаян абуна Эркенлъи радиоялъе тарихчIужу ТахIнаева ПатIиматица. Гьелъ гьединго бицана кудияв имамасул цIаралда гъоркь хIалтIулеб бугилан абун гурони килиш килщида кIутIараб хIалтIи гьеб идараялъ гьабулеб гьечIин.

Иргадулаб нухалдаги живгоги жиндирго хъулухъги беццун кIалъазе вахъининха гьенив фондалъул нухмалъулезул цояв ХIажиев ГIумарги. Жинде гьанир загьир гьаризе бокьичIел гIиллаби ругин гьеб фондалъулгун жиндир рагIидандеккечIолъиялъе сабаблъунилан бицана тарихчIужуялъ.

ПатIиматица бицунеб хабар уяб букIин мухIкан гьабуна нижер программаялъе гьединго цогидавги машгьурав тарихчи ХIажимурад Доногъоцаги. Гьединго «АхIулгохI» абураб жураналъул редакторги ккола гьев.

ХIажимурад гIемерал соназ халтIун вуго гьеб фондалдаги, амма гьелъ гьабулеб хIалтIуда ракIги рекъечIого араб соналда гьес гIуцIана имамасул хIаракатчилъиялъул цIи-цIиял рахъал рагьулеб Шамил имамасул цIаралда бугеб гуманитариял цIех-рехал гьарулеб центр.

КIудияв имамасул цIаралда бугеб фондалъул хIалтIуда жанир гьединал рикьалаби ккеялъе гIилла баян гьабулаго ХIажимурадица абуна фондалъе кьучI лъурав Дибир МухIамадов хваралдаса нахъе лълъаранибе ине байбихьанин гьелъул иш.

Гьес ракIалде швезабуна Дибир чIаго вугеб мехалъ фондалъ гIемераб хIалтIи гьабунин кIудияв имамасул къеркьеялъул хIакъалъулъ ругел тарихиял хIужабазул гьединго цогидалги баянал ракIариялъе.

Фондалъул бищунго кIудияб бергъенлъилъун ХIажимурадица рехсана 1997 соналъ КIудияв имам гьавуралдаса 200 сон тIубялъул хIурматалда республикаялда киса-кирего тIоритIарал тадбирал.

Гьелдаса хадув Дибир МухIамадовги анин гIумруялдаса, фондалъул вакилзабаздаги цIикIкIараб хъулухъалъулги щолеб гIарцулги гурони Шамилил хIакъалъулъ халкъалухъе щвечIел баяназда тIад хIалтIи гьабизе ракIалдацин ккечIин.

Араб соналъ имамасул гIумруялъул цIиял баянал лъазаризелъун гьес нухмалъи гьабулеб гIуцIиялъ гIемераб хIалтIи гьабун буго гьес бицунелда рекъон. Гьеб гIуцIиялда церечIарал аслиял масъалабазул хIакъалъулъ гьадин бицана ХIажимурадица Эркенлъи радияолъе

ХIажимурад Доногъо: «Нижер хIаракатчиялъиялъул аслияб мурад буго Шамилил хIакъалъулъ наслабазухъе щварал баяназда гьоркьоса халкъалъухъе щвечIого хутIарал хIужаби загьир гьари. Мисалалъе гьаб соналъул февралалда нижеда ракIалда буго киналго студенталгги ракIарун Европаялъул пачалихъазда Шамилил букIараб хIаракатчиялъиялъул хIакъалъулъ бицине, щай гIицIго студентазе гьабулеб гьеб данделъиян гьикъани дица жаваб кьела жакъа хасго гIолохъанаб гIелалда лъазе кколин гьебилан.

Гьединго февралалъул ахиралда нижеда ракIалда буго Кавказалъул рагъалъул рухIияб магIна кинаб букIараб абураб суалалда тIасан гургинаб стол тIобитIизе. Гьелда жаниб аслияб бакI кквезе буго букIарабиш суфиялъул чвахи доб мехалъ букIинчIебиш абураб, щайгурелъул жакъасеб гIелалъул гIемерисезда бичIчIулеб гьечIо умумуз гьабулеб букIараб рагъалъул хIакъикъияб магIна».

Шамилил цIаралда бугеб фондалъ жакъа гьабулеб хIалтIуда тIасан гара-чIвари гьабизелъун нижер рес ккечIо тIадехун бицен гьабулев ХIажиев ГIумарилгун бухьен гьабизе.

Жакъасеб гIелалда кIудияв имамасул гIумруялъулги гьединго гьес гьабураб тарихияб къеркьеялъуги лъале мухIканал баянал дагьал гурони гьечIилан абуна Эркенлъи радиоялъе МикагIилов МикагIилицаги. «Вацлъи» абураб жамгIиябгун-политикияб гIуцIиялъул нухмалъулев ккола гьев.

МикагIил МикагIилов: « Гьелъие квербакъи гьабулел чагIиги гIемерал руго. Мисалалъе рагьилин Дагъистаналъул тарих малъулеб тIехь. 25 соналъ Шамилица гьабураб гъазаваталъул, гьесда цеве вукIарав кIиявго имамасулги хIакъалъулъ цо тIамачIцин цIечIеб гьумералда хъван буго.

Гьединаб магIнаялда хъвараб жоялдаса кинаб лъай лъималахъе щвелеб. Гьанже цIирачIарал «тарихчагIазги» хъвалеб буго Гуржистаналдеги лъарагIлъиялдеги хьвадун гъарачилъи гьабулев чи вукIанин имамилан гьересиял баянал. Гьеб киналдего данде къеркьезе, хIакъикъияб тарих букIараб куцалда рагьизе ккани жеги гIемераб хIалтIи буго тарихчагIазада цебечIун.

Нилъеда кколеб буго кIудиязда лъалеб жо киназдаго лъалеб бугилан, гьедин гьечIо гьеб, гьеб куцалда Шамил тIуванго кIочон тезеги рес буго. КIочон тей гуребги гьес гьабураб къеркьейги, динги. квешищ лъикIищ букIараб, насалабазе кинаб пайда гьелъул щвараб яги гIададайищ гьеб кинабго букIарабали лъалеб гьечIо жакъасеб гIелалда. Гьеб киналдего тIаде кIвар кьезе ккола жакъа нилъ киназго».

Ахиралдаги гьаниб тIаде жубазе бегьила ахирисеб рагъда ГъунимагIарда Шамил пачаясул аскаразухъе кверде иналда тIасан цо-цо гIалимзабазда гьаркьоб бижараб бахIсалъулги гьелъие жавабалъун тарихиял гIелмабазул кандидат ХIажиев Зурабица хъвараб макъала бахъун букIана магIарулазул «Миллат газеталда.

Гьедин цо-цо гIалимзабаз цевесев кIиявго имамас гIадин кверде инчIого хвел щайин Шамилицаги тIасабищичIебан абураб суалалъе жаваб кьолаго гIолохъанав тарихчияс рикIкIунеб буго кверде инчIого хвел тIасабищарабани дол цоял имамзабиго гIадин кIочон тезе вукIанин халкъалда гьев. Имам Шамилица танин нилъее тарих, гурони гьеб байбихьизе букIанин инкъилаб бергьун хадуб 1920 соназдаян рикIкIунеб буго тарихчияс.
XS
SM
MD
LG