МагъчIваялъе рес

Маххул хьуриялда нахъасан босараб ишан


Дагъистаналда дагьав цевегIан чIварав республикаялъул ТIадегIанаб диванханаялъул хIалтIухъан МухIамад МухIамадов чIваялда сверухъ бахIсал унел руго социалияб сеталда жанир.

Цо-цояз рикIкIунеб буго диванчиясул хъулухъ сабаблъун гьабураб такъсир букIине бегьулин гьебилан. ГIемерисезул пикруялда рекъон гьеб буго чIварас къотIараб хIукмуялда разилъичIого эркенлъиялдаса махIрумлъаразе гIоло босараб рецIел.
Гьеб такъсир рагьиялъулъ гIахьалъи гьабизе буго россиялъул цIех-рехалъул комитеталдаса цIех- рехчагIазул хасаб бутIаялъ. Гьелъул хIакъалъулъ хамиз къоялъ лъазабуна цIех-рехалъул комитеталъул нухмалъулев Бастрыкин Александрица

ЦIех-рех чагIаз хал гьабизе буго чанго хIужаялъул, гьелда гьаркьоб аслияблъун хутIулеб буго чIварасул махщалил хIаракатчилъи. Диванчи МухIамад МухIамадов чIвана январалъул 15-б къоялъул сардилъ 9 тIубарабго жиндирго рукъалъул кIалтIа.

Дагъистаналъул социалиял сетазда блогеразда гьоркьоб бахIсал унел руго гьеб чIвай-хъвеялда хурхун. Гьедин фейсбук сайталда журналистазул цо-цояз абулеб бугоан МухIамад МухIамадовасул хъулухъ къваригIарал чагIаз гьабураб хIалтIи букIинеги бегьулин гьеб. Амма цогидаз загьир гьабулеб пикру буго гьес къотIараб хIукмуялда разилъичIого туснахъ гьаруразул гIага-божараз босраб рецIел букIинеги бегьулин гьебилан.

ЧIварав Магомед МагомедовМухIамад МухIамадовас хал гьабулеб букIараб ахирисеб иш букIана изну гьечIого яргъид гIуцIаразда гьркьор рукIаралъухъилан гIайиб гIунтIизабурал Гъизляр мухъалдаса МухIамадов Рамазанида, ШугIайбхIажиев МухIамадида ва ЛабазанхIажиев ГIабудлжапарида хурхун къотIараб хIукму. Гьезие хIукму къотIун буго 18 декабралда. Амма гьелда рази гьечIо гьезул адвокат Сапият МухIамадова.
Диваналъ къотIараб хIукмуялъул 208 статьялда рекъон гьезде гIунтIизабулеб букIараб гIайиб нахъе бахъанин, терроралъулаб хIаракатчилъиялъе абураб гIайиб гьезде гIунтIизабулеб букIинчIилан абулеб буго МухIамадовалъ.

Гьедин 18 декабралда Дагъистаналъул тIадегIанаб диванханаялъ къотIараб хIукму мекъаб букIиналда бан жидеца гIарза битIанин россиялъул ТIадегIанаб диваналъул коллегиялде ва гьез битIараб хIукму къотIизе букIиналда хьулги буго адвокаталъул.
Гьелъул бищунго ццин бахъинабун буго социалиял сетазда гьелъ цIунизе тIаде росаразе къотIараб хIукму сабаблъун чIванин диванчиян абулеб букIин:

МухIамадова Сапият: «Дида лъаларо цониги хIужа жанив тIамурав чияс жинде хIукму къотIарав диванчиясул гIумруялде квер борханилан абураб. ТIубанго бетIер сверарав чияс гурони гьединал жал рицине рес гьечIо. Маххул хьуриялда нахъа вугев чиясухъа кин бажарулеб туснахъ бахун къватIибехун такъсир гьабун?

Жанир тIамурал чагIазул гIага-божараз гьабунилан абизе нух буго гьениб. Амма дица цIунизе тIаде росарал гIолохъабазул тIоцевесесул цевесев гIагарлъиялъул цохIо херай, унтарай эбел гурони чи гьечIо, кIиабилев гIолиласул эбел, я эмен цонигиял гьечIо нахъе, лъабабилесул абуни рокъоса къватIире рахъине кIоларел херал эбел-эмен гурони чи гьечIо. Гьеле гьединал, талихIкъосарал гIадамал руго гьел, цIех-рехалъул тирулеб гьабида гьоркьоре ккарал.

Кин бажарулеб гьезухъа гьеб такъсир гьабун? ГIезегIан щвалде щун хIадурараб чIвай хъвей букIине ккелаха гьеб, жиндирго рукъалъул кIалтIа судияв чIван бажарулеб. ГIадамасул гIакълуялде дандекколеб пикру гуро гьеб.

БукIине бегьула гьеб чIвай –хъвей гьесул махщаллил хIаракатчилъиялда хурхараб, букIине бегьула гьесул бакI къваригIун гьабураб, гьесул рукIа-рахъиналда хурхараб, гIиллаби азарго рукIине бегьула, амма лъицаниги хал гьабурабищ гьезул, хъата масан жанир тIамурал чагIазде гIайиб бугъилалде?

Нахъойги такрар гьабила, дица цIунизе тIаде росарал гIолилазда тIасан, чIварав МухIамадовас хIукму къотIиялда хурхараб чIвай-хъвей гурин гьебилан. Ятизе бегьила дун мекъиги, амма дицаго хал гьабулеб ишалъул хIакъикъат лъалей гIадан хIисабалда ракIчIун абизе кIола гьез гьабураб такъсир гурин гьебилан, нижеца тIалаб гьабулеб букIана гIицIго къанунги хвезабун къотIараб хIукму хисизаби ва гьеб хисизабизе букIиналда божарайги йиго».

ДиванчагIазда гьоркьов чIварав МухIамадов лъалаанин хIукму къотIулеб мехалъ бищунго кьварарав ва хиси гьечIев диванчи хIсабалдайин хъвалеб буго адвокатазул коллегиялъул вакил юрист МухIамадов Русланица.

Дагъистаналъул ТIадегIанаб диванханаялда хал гьабулин бищунго ахIи-хIур бахъарал ишазул, лъаларин гьезул кинаб сабаблъун МухIамадов къадаралде щваравали, амма тIоцебе бачIунеб пикру бугин чIварасул махщалилаб хIаракатчилъи.
XS
SM
MD
LG