МагъчIваялъе рес

Чонтаулалда кIигояв чIвана


Dagestan-- The village of Chontaul. December 2012
Dagestan-- The village of Chontaul. December 2012

28 декабралда радал Гъизилюрт мухъалъул Чонтаул росулъ байбихьараб хасаб операция цо чанго сагIаталдасан лъугIана. Низам цIунулез лъазабуна жидеца сверун ккураб минаялъув чIванин бихьинчиги чIужугIаданги. Бихьинчиясда цадахъ гьейги йикIанин жидеде кьвагьдолей.

Гьезул цIарал жеги мухIкан гьарулел гьечIо. Абулеб буго гьев чиясул хIакъалъулъ хасаб информация щун букIанин жиндихъе. Гьелъул хIакъикъат лъазабизе индал, кIиябго рахъалда гьоркьоб кьвагьи байбихьанила. Низам цIунулезул щаклъи буго гьев чи I8 декабралда жидеде гьабураб тIадекIанцIиялъулъ гIахьаллъиялда. Гьеб мехалда кьвагьизабун автомобильгун Чонтаулалда щуго полициялъулав лъукъа-къотIун вукIана.

28 декабралда гьеб росулъ тIобитIараб хасаб операциялда тIасан чIванкъотIараб баян щвечIо Эркенлъи Радиоялъе.
Чонтаулалдаги гьениб аскIоб бугеб Комсомольское росулъги ахираб заманалда гIемер кколел руго хасал операциял. Амма гIадамал гьезде ругьунлъун ругин бицана Эркенлъи Радиоялъе Комсомольское росулъа МухIамадтIагьирица.

МухIамадтIагьир: «Гьединал жал гIемер ккун ругьунлъунха… Дун гьитIинаб мехалда каналалъув цо вас гъанкъун вукIана. Хъвезеги хъунищ гьениве рехун вукIаравали. Бащдаб лъагIалица бицун батила гьелъул. КъватIире рахъине хIинкъун рукIунаан гIадамал – гьеб гьабураб чи ватун гьечIилан – къаси мехалъ къватIире рахъунароан. Гьанжейин абуни къойилго ккола гьединал жал. ГIадамал ругьунлъун руго гьелде – гьеб Чонтаулалда ккараб жо лъиданиги лъалеб жогицин батуларо.

Цониги чагIи кирниги ракIарун рихьани, гIадамал кверги хьвагIун уна аскIосан. Щибниги хисулеб жоги гьечIелъулха. Цебе дида кколаан гьалгуниял хъачагъалги чIван дагьабго парахалъи лъугьинилан. Гьанже нилъеда бихьулеб бугоха къойилго гIадамал чIваниги, гъобго хIапу-чапур буго.

Дагьлъулел бусурбабиги руго, руччабиги руго къороллъулел. Гьанже хъахIбалъиги байбихьилаха, руччабазе россал къваригIунелъул. Нахъа умумул гьечIел лъималги руго гIемерлъулел. Гьединал лъималазул гIадлуги кинабха букIинеб? … ЧIвай-хъвей гIемерлъани, чиясул ракI къвакIула, согIлъула. ГурхIел хутIуларо рекIелъ. Жиб-жиб къоялъ гьединал жал рихьулел ругони, гамачI гIадин лъугьинарищха».

Комсомольское ва Чонтаул росабалъа гIадамазул дандеккунгутIи буго Гъизилюрт мухъалъул полициялъул нухмалъулев АсхIабгIали Заирбеговасулгун. Гьедин гьез зама-хаманалдасан интернеталдасан цоцазде видеохитIабалги гьарула.

Дагьалъ цебе Чонтаулалдаса ХIажиева Салиматил рокъореги рачIун маскаби ххурал чагIаз хIалбихьун букIана бензинги тIаде тIун тIубараб хъизан бухIизе. Гьез ралагьулел рукIун руго Салиматил ясалъул васал.

Дол маскаби ххурал чагIи полициялъулал рукIанин рикIкIуна Чонтаулалдаса чагIаз. Доб бухIулеб букIараб хъизаналдаса яс йиго гIинги берги бухIун. Гьанже гьеб хъизан росулъа къватIире гочун ун руго.

Чонтаулалдаса чагIаз абула жидеда свеурхъ къваригIел гьечIеб ахIи-хIур бахъинабулеб бугин Гъизилюрталъул полициялъул нухмалъулес. Амма 28 декабралда къватIибе бачIараб «Миллат» газеталда гьеб полициялъул нухмалъулес абулеб буго гьел ругин кьучI гьечIел харбал. Гьений йигин жидер хIалтIухъанасул яц. Вац полициялдаса нахъе аян хIинкъаби кьолел рукIанин гьелъие, гьединлъидал тIолеб букIанин гьелъул хъизаналда тIаде бензинги.
XS
SM
MD
LG