МагъчIваялъе рес

Журналистал чIвай – Россиялъул пашманаб гIадат.


Нью-Йоркалда штаб-квартира бугеб Журналистал ЦIуниялъул Комитеталъ гьаб анкьалда лъазабуна тIолго дунялалда жанир тIамурал журналистазул къадар баханин мисал гьечIеб рикIкIеналде: батIи-батIиял улкабазда 232 журналист жанив вуго гьабсагIат.

Бищун гIемераб къадаралда журналистал Туркиялъул туснахъазде тIамун руго – 49 чи. Терроризмалде бухьен букIиналда бугеб шаклъи багьанадуеги босун, тIадтараз жанире тIамулел ругин эркенал пикраби загьирарулел журналистал, ян лъазабулеб буго рехсараб комитеталъ.

Брюсселалда бугеб Туркиялъул журналистазул Ассоцияциялъул бетIер Догъан Озьгюден разилъана нижер радиоялъе баянал гьабизе гьеб суалалда тIасан.

Догъан Озьгюден: «Гьез, ай Исламияб тIалъи, терроризмалде данде къеркьей гьабулеб бугин абулаго, ва гьеб хIужа багьанадуеги босун, жанире тIамулел руго Эрдогъанил хIукумат какулел журналистал».

Догъан Озгуден
Догъан Озгуден
Ражаб ТIайгьиб Эрдогъанил хIукумталъ нус-нус аскарияв хъулухъчиясде гIунтIизабуна пачалихъияб хиса-свери хIадур гьабиялъул гIайиб. Гьеб гуребги, гIемерал соназ улкаялда халат бахъунеб буго курдазул багъа-башариялъул яргъид гIуцIараб къеркьей.

Гьединал шартIазда Туркиялъул гьанжесеб хIукуматалъ хIалтIизабулеб жанисеб политикаялъул хIакъалъулъ щиб дуца абилеб, хасго разилъи гьечIел журналистазде гьабулеб тIадецуялъул? Эркенлъи Радиоялъул мухбирасул гьадинаб суалалъе жаваб кьолаго, Догъан Озьгюденица абулеб буго, гьелдалъун ахIва-хIал жегиги хIалуцине бегьулин:

Догъан Озьгюден: «Жидеде данде чIарал аскариял мутIигIлъизарулаго, тIадтараз гьединго ккуна гьел рагъулал хъулухъчагIазул багъа-башариялде расги бухьен гьечIел гIемерал журналисталги. Курдазул журналистаз абулеб буго,гьезде гIунтIизабун бугин Курдазул ХIалтIул партиялъе квер бакъи гьабиялъул гIайиб.

Гьел жанир руго Туркиялъул батIи-батIиял туснахъазда. Курдазул ихтиярал цIуниялда бараб щинаб ахIи тIадтараз рикIкIунеб буго терроризмалъул багъа-башариялъе гьабулеб квер-бакъилъун. Курдазул гуребги, ассириязул, эрменазул, греказул ихтиярал цIуниялда ахIи балел хIатта кудразул гурел журналисталцин террористаллъун, яги терроризм ритIухъ гьарулеллъун рикIкIунел руго».

Догъан Озьгюденица рехсолел руго цо-цо журналистазул цIарал.

Догъан Озьгюден: «Бищун кIудияб дандерижи жамагIаталда багъарун букIана 16 журналист кквеялъ. Гьезда гъорлъ «Cumhuriyet» газетаялъул мухбир МустIапа Балбай, туснахъалда кIиго сон барал тележурналистал Тунджай Озкан ва Сонер Ялчин.

Гьезда чIвараб гIайиб – рагъулаб пачалихъияб хиса-свери хIадур гьабиялда хурхен букIин. Гьеб гуребги, курд миллаталъул гIемерал журналисталги жанир тIамун руго – хасго курдазул "Azadiya Welat" абулеб газетаялъул ва Dicle абулеб информагентлъиялъул мухбирал.

Гьел информалатазул журналистазда хадуб гьоркьоса къотIулареб хал кквей гьабулеб буго».

Догъан Озьгюденица баркала кьолеб буго халкъаздагьоркьосел гIуцIабазул вакилзабазе гьез Туркиялда рагIуе эркенлъи цIунизе хIаракат бахъулеб букIиналъухъ:

Догъан Озьгюден: «Дица кIудияб баркала кьолеб буго Журналистал цIунулеб Комитеталъеги, Халкъаздагьоркьосеб прессалъул институталъеги, Журналистазул Халкъаздагьоркьосеб федерациялъеги, «ГIурхъаби гьечIел репортерал» абулеб гIуцIиялъеги.

Турказул ва курдазул журналистал цIуниялъе гьез кидаго кIудияб кIвар кьола. Гьезул хIисабалда Туркиялъул туснахъазда ругел журналистал политикияб ялъуни террористикияб хIаракатчилъиялъухъ гуреб – жидерго пикрабазухъ жанире тIамун руго. Туркиялда жанире тIамурал журналистал рехсарал гIуцIабаз ритIухъ гьарулел руго».

Журналистал цIуниялъул комитеталъул санайил хитIабалда рехсон гьечIо Россия. Россиялда журналистал гIемераб къадаралда туснахъазде тIамулел гьечIо – гьел гьенир чIвалел руго ян абуна дагьалъ цебе Интерфакс агентлъиялда букIараб хасаб данделъиялда Россиялъул журналистазул цолъиялъул бетIер Всеволод Богдановас:

Всеволод Богданов: «340 журналист чIван вуго нилъер улкаялда. Жанисел ишазул министерлъиялъул баяналда рекъон чIваялъул такъсиразул цIех-рехалъ 80 проценталъул хIасил кьола, ва гьеб жиндирго тIоритIелалдаса министерлъи цIакъ чIухIун батани, журналистал чIваялъул рахъалъан гIаксаб ахIвал-хIал бихьула.

Всеволод Богданов
Всеволод Богданов
Рагьарал такъсирал гIицIго 20 проценталде рахунел руго. Бищун кIудияб дандерижи, кутакаб ахIи-хIур багъаризабурал такъсиразул цIех-рехги хIасил гьечIого хутIула Дагъистаналда гуребги, хIатта Москваялдагицин.

Живго президентас, живго генералияв прокурорас лъазабулеб букIана жидеца жидерго контролалде гъоркье гьеб цIех-рех босулеб бугин абун. РекIелъ гIагалигун абизе ккола, гьадинаб хасаб контролалъ хIасил кьечIин».

Добго пресс-конференциялда гIахьаллъарав «Черновик» газетаялъул гьанжесев бетIерав редактор Магьди-МухIамад Камаловас абулеб буго Россиялъул туснахъаздаги ругин журналистал, ва бачунеб буго ахирисеб мисал:

М.Камалов: «Гьаниб, Россиялдаги чанги гьадинаб хIужа буго. Мисалалъе босани сон, арбагI къоялъ рукIана диваналъул гIенеккиял Краснодаралда гьале лъабабилеб соналъ туснахъалда вугев "Кавказский стиль" абулеб журналалъул бетIерав редактор ГьитIиномухIамадов ГьитIиномухIамадил ишалда сверухъ.

Гьеб буго цIакъ бичIчIулареб, къосараб иш. Гьесде гIунтIизабулеб гIайиб - ижараялъе босараб рукъалъул бетIергьанлъун йикIарай чIужу-гIадан чIвай. Гьей чIужу гIаданалъул жаназа жегиги батун гьечIо.


Магьди-МухIамад Камалов
Магьди-МухIамад Камалов
Щайдай хасго гьесда гьадинаб гIайиб чIван бугин - лъазабун гьечIо. Туснахъалда гьесие гIазаб-гIакъубаги кьун букIана. Гьаб лъабабго соналда жаниб лъабго бетIергьан хисана доб рукъалъул. ГIажаибаб ищ буго. Гьадинаб куцалда жанир ругел журналистазул къадар кIудияб буго улкаялда».

Россиялъул жамгIияб палатаялъул вакил Максим Шевченкоца гьадин намуслъизарулел руго федералиял информалатазул журналистал:

Максим Шевченко: «Информация тIибитIизабулел федералиял алатаз расцин солидариял гьечIо регионазда гIумру гьабулел ва холел жидерго коллегабазда, жидерго ищцоязда.

Москваялда паракъатго гIумру гьабулел журналистаз гьезул тIалаб-агъаз гьабулеб гьечIо. Регионазда рагIуле эркенлъиялъе гIоло ва жамгIият цебетIезабиялъе гIоло къеркьолел журналистазул къисматалъе гьез кIвар кьолел гьечIо.


Максим Шевченко
Максим Шевченко
Цойги жо абила чIван къотIун: гьал киналго такъсирал, гьаб чIвадари гьабулеб буго Россиялда ургъунго гIуцIараб кавказофобиялъул фоналда. Цо-цо федералиял информалатаз рагьараб къагIидаялда тIибитIизабулеб буго кавказиязда бан рокьукълъиялъул пикру. Хасго гьеб сабаблъун нижер коллегабаз гьадинал пресс-конференциязда гIахьаллъи гьабулебги гьечIо, гьезул хIакъалъулъ щибниги хъвалебги гьечIо».

Москваялда Интерфакс агентлъиялда букIараб пресс-конференциялда гьоркьоб лъун букIана «РагIуе Эркенлъи» абулеб гIуцIиялъул бетIергьан Камалов ХIажи-Мурат чIваялъул цIех-рехалъул суал.

Магьди-МухIамад Камаловас абулеб буго ХIажи-Мурат Камалов чIваялъул цIех-рехалъул ахир гьанжелъагIан бихьулеб гьечIониги, жинца кIудияб хьул лъолеб бугин гьелъул хIасилалдаилан.

М.Камалов: «Иншалла, ХIажи-Мурат Камалов чIваялъул цIех-рех гьаб пресс-конференциялъул кумекалдалъун рагIалде бахъаине букIиналда хьул лъолеб буго нижеца. Журналистазулги пачалихъалъулги гIаммаб хIаракаталдалъун гьаб такъсирги цогидал такъсиралги гьарурал ратиялда кIудияб божилъи буго нижер. Нижеца кIванагIан кIудияб хIаракат бахъила журналистал цIуниялда».

Унеб бугеб цIех-рехалъе аслияб квалквал щибилан абураб нижер суалалъе Магьди-МухIамад Камаловас гьадинаб жаваб кьуна:

М.Камалов: «Гьеб иш тIад къана Шималияб Кавказалъул Федералияб икълималъул цIех-рехчагIазда. Гьел халтIулелги руго, амма гьезие рес щолеб гьечIо оперативиял хъулухъчагIаз материал бакIариялъе асар гьабизе.

Хiажи-Мурад Камалов чIваялда хурхараб оперативияб материал бакIкIарулеб буго Дагъистан республикаялъул оперативиял хъулухъчагIаз. Гьез гьабулеб хIалтIи мукъсанаб буго, гьеб гуребги дир шаклъи ккун буго гьадинаб жоялда: нагагьлъун доб чIвай тIадкъаразул гьезда ратанани цIех-рехчагIазе гьеб информация кьезегIан гьезие цIакъ пайдаяблъун букIинаан гьеб информация цогидазе бичун кьезе.

Гьединлъидал Дагъистан республикаялъул оперативиял хъулухъчагIаз гьеб иш халат бахъине бугони такъсирчагIи ратине гьечIо. Гьале гьеб сабаблъун гьаб пресс-конференциялда Россиялъул жанисел ищазул министерлъиялдехун вуссун, дица гьарана оперативияб хIалтIи гьабизелъун гьанире централияб аппараталъул хъулухъчагIи ритIе ян абун».

Россиялда, хасго Шималияб Кавказалда цо-цо журналистазе хIинкъи щолеб буго низам-цIунулезул рахъалъан гуребги – гIаксаб рахъалъанги. Гьелда бан Магьи-МухIамад Камаловас гьадинаб баян гьабулеб буго:

М.Камалов: «Цо рахъалъан полициялъулаз гьабураб зулму, цогидаб рахъалъан жидеда бусурбабиян абурал шалали лъаларез цогидал бусурбабазе кьолел гьал ричIчIуларел хIинкъаби. Гьале гьадинал шартIазда хIалтIула Дагъистаналъул журналистал.

У, полициялъги гьел цIунулел гьечIо, пуланал такъсирчагIазги хIинкъизарулел руго гьел. АрбагI къоялъ Черновик газетаялда гIуцIараб гургинаб столалда нижеца хасго гьеб суал гьоркьоб лъуна. Щиб гьабизе кколебали? Нахъеги журналистал кин цIунизе кколелали? Жигараб гара-чIвари букIана арбагI къоялъ гьел суалазда тIасан.

Гьелъулъ гIахьаллъи гьабуна пачалихъиял хъулухъчагIазги. ХIатта журналистазе ярагъ кьуни гьелдаги журналистал цIунизе кIвеларин абураб пикру гьабун буго киназго.

Гьеб проблема гIадахъ босизе ккола низам цIунулел гIуцIабазулгун цадахъ рекъон. Ахир-къад хIукму гьабун буго МахIачхъала хIинкъи гьечIеб шагьаралъул статусалде борхинабизе.

Киса-кирего видеокамерал тIад чIезарун, къватIабахъ лъугьа бахъунеб шинаб бихьи мурадалда. Гьелдалъун такъсирчагIазул хIалихьалъи дагьалъниги гIодобе биччазе рес швелин дида ккола.

МахIачхъалаялда гуребги - Дагъистаналъул цогидал шагьараздаги гьадинаб иш гьабе ян тIалаб гьабулеб буго нижеца».

«Интерфакс» агентлъиялъул минаялда тIобитIараб пресс-конференциялъул гIахьалчагIаз рехсараб цIалана Россиялъул президент Владимир Путинихъе битIизесеб хасаб кагъат. Доба гьез тIалаб гьабулеб буго ХIажи-Мурад Камалов чIваялъул цIех-рех кватIичIого рагIалде бахъинаби ва гIайибиял жавабчилъиялде цIай.
XS
SM
MD
LG