МагъчIваялъе рес

МухIамад-Салам МухIамадовасул цIияб позиция


Гьаб анкьалда Дагъистан республикаялъул бетIер МухIамад-Салам МухIамадовас нахъеги тIобитIана терроризмалде данде чIараб хIукуматалъул комиссиялъул данделъи.

Исана гьеб ккола гьале ункъабилеб нухалъ гьабураб гьадинаб тадбир. Гьаб нухалъ Болъихъ мухъалда МухIамадовас гьоркьоб лъуна 17 мухъалда бугеб ахIвал-хIалалъул суал.

Гьадинал данделъабазул лъабго мурад буго ян абизе ккола. ТIоцебего – бакIалъулаб полициялъе ва мухъалъул тIадтаразда цере терроризмалде данде къеркьей гьабиялда хурхарал цIиял масъалаби тIами, кIиабизе – гьеб хIалтIулъ кинабгIаги икъбал швечIел хъулухъчагIазде бадибчIвай, лъабабизеги – республикаялъул тIадтараз гIадамазул тIалаб-агъаз гьабулеблъи бакIалъулаб халкъалде бихьизаби.

Амма гьаб анкьалда МухIамад-Салам МухIамадовас кIиго тIубанго батIайисеб хIужа дандекквезабуна, ян абулеб буго Шималияб Кавказалъул суалазул рахъалъан аналист Лиз Фуллерица.

ТIоцебесеб – 21 ноябралда Онсоколо мухъалда бугеб банкалда бомба кьвагьизабун, кIиго полициялъулав чIвай, ва кIиабилеб – жидерго гIолохъанал рикъиялда разилъи гьечIолъи загьираби мурадалда Генуб росдал гIадамаз МахIачхъалаялде унеб шагьранух къай.

Гьеб протест унеб мехалда полициялъулазда ва Генуб росдал гIадамазда гьоркьоб тунка -гIусси багъарана ва гIадамаз полициялъулазде ганчIал рехана.

Лиз Фуллер: «МухIамадовас абуна Генуб росдал гIадамазул ихтияр гьечIин жидеда цере ругел масъалаби тIуразарулаго, Дагъистаналъул цогидал мухъазул гIадамазе квал-квал гьабизеин. Гьадинал протестал гьоркьоса къотIизе ккола ян тIадеги жубана гьес.

Гьелдалъун хIинкъи гьечIолъи цIунулезе нахъеги ихтияр кьун буго гIорхъолъа борчIараб зулму гьабизе. ПалхIасил, гурхIел тун терактал гьарулел къеркьохъаназда ва къануналъе мутIигIал гIадатиял гIадамазда гьоркьоб бугеб батIалъи МухIамадовасда бихьулеб гьечIо, ян абизе бегьула».

Дагъистаналъул ЖамагIат ШаригIаталъул интернет сайталда загьирабун буго бакIалъулал журналистазде цебеккунго гьабураб лъазаби - Исламалъул хIакъалъулъ мекъи нужеца абунани нужее хвалилаб хIинкъи швелилан абураб.

Гьединал мухбирзабазул цIарал интернет-сайталда рехсон гьечIониги, цо-цоял чIвазе хIукму гьабун бугилан абун буго тIадехун рехсараб сайталда. Аслияб къагIидаялда бицен унеб бугилан «гIурусазул хасал хъулухъчагIазулгун» бухьен бугел журналистазул хIакъалъулъ.

Хамис къоялъ гьеб лъазаби гIадахъ босун Дагъистан республикаялъул жанисел ишазул министерлъиялъ лазабуна кватIичIого данде кколел тадбирал тIоритIизе ругин журналистал цIуни мурадалда.

Шималияб Кавказалъул суалазул тархъалъан аналист Лиз Фуллерица гьаб анкьалда дандбалеб лъабабилеб суаллъун ккола МухIамад-Салам МухIамадовас республикаялъул бетIерасул ихтиярал тIуразарулеб болжалалъул суал.Гьеб болжал ахиралде швела 2015 соналъул ихдалил.

Аммаила, абулеб буго Лиз Фуллерица, жеги гIемераб заман бугониги kavpolit.com абулеб интернет сайталда рехсон руго Республикаялъе нухмалъи гьабизе бегьулев микьго кандидатасул цIарал. Живго МухIамадов, миллиардер Сулайман Керимов, Дербент шагьаралъул бетIер Имам ЯргIалиев, ХIинкъи ГьечIолъиялъул Шураялъул вукIарав секретарь МухIамад ТIолбоев, Рамазан ГIабдулатIипов ва МахIачхъалаялъул мэр СагIид Амиров.

Бищун гIемерал ресал аналитиказ Амировасе кьола, амма цебе букIаралде данде ккун, гьаб нухалъ Амировас рагьараб къагIидаялда ахIи бана МухIамад-Салам МухIамадовасе квер бакъи гьабиялде. «БитIараб нух кколеб гама кІибикІахъдизабуге», - ян гьарулеб буго Амировас киналго шагьаразул ва мухъазул бутIруздехун вуссун.

Лиз ФУЛЛЕР
XS
SM
MD
LG