МагъчIваялъе рес

Миллиял республикабазе миллиял гурел цIаралищ кьолел?


Татаразул хIаракатчагIазул протест. 01Дек2012, Казань.
Татаразул хIаракатчагIазул протест. 01Дек2012, Казань.

Россиялъул президент Владимир Путиница гъулбас гьабизехъин буго цIияб миллияб политикаялда хурхараб амруялда гъоркь. 200 миллат ва этникияб къукъа бугеб Россиялда кIудияб ахIи-хIур багъаризабуна гьеб документалъул проекталъ. ГIурус гурел миллатазул цо-цо вакилзабазул рахIатги ххун буго гьелда бан.

Россиялъул президентлъун нахъеги вищарав Владимир Путиница Кремлалде тIад вуссун, хъващтIан буюри кьуна пачалихъияб цIияб миллияб политика ургъизе.
Гьале чанго моцIалда жаниб Россиялда бахIс унеб буго гьелда сверухъ, ва гIагардисеб чанго анкьида жаниб гьелда гъоркь президентас гъулбасги лъезе ккола.

Редакционияб комиссиялъул бетIер Вячеслав Михайловас лъазабуна гьединаб иш гьабулеб бугин улкаялъул этникияб ва миллияб хаслъи цебетIезаби ва гражданияб цолъи цIуни мурадалда. Амма цо-цо критиказ цебеккунго лъазабулеб буго гIисинал этнкиял республикаби цогидал регионазулгун цолъизаруни гьелдалъун гIурусазе рес швезе бугин гьениб унго-унгояб ханлъи гьабизе.

Мисалалъе гьадинаб пикру буго Башкортостаналъул тахшагьар Уфаялдаса тарихчи ва миллиял суалазул рахъалъан эксперт Марат Кулшариповасул:

Марат Кулшарипов: «ГIадалав чилъун вукIине ккола гьадинаб стратегия цебе лъолев чи. Гьеб хIакъикъаталда, Россиялда гъоркь бомба лъеялда релъараб иш буго».

Татарстаналъул тахшагьар Казанялда гIумру гьабулев ТIагьиров Индусил пикруялда Гьединаб политикаялъ бакIалъулал мацIазул статус дагьлъизабун, гIурус мацI тIоцебесеб бакIалде тIамулеб бугин.

Индус ТIагьиров: «Улка цIунизе бегьила, амма гьелъие гIоло хIаракат бахъине ккола лъикIалан. Гьаб улка – гIицIго гIурусазул улка гуро. Гьаб буго гIемермиллаталъулаб улка. Гьаб улка насраниязул улкаги гуро – гIемердиналъулаб улка ккола Россия.

Федерациялъ киналго этникиял ва диниял къукъабазе ращадал ихтиярал кьола. Гьеб кIочон тезе бегьуларо. ГIицIго гьадинаб политикаялъ пачалихъ хвасар гьабила»

Миллиял республикаби цогидал регионазулгун цолъизаризе бугин абулеб пикру баккидал Татарстаналда протесталъул акцияби тIоритIана. Хадуб гьеб план нахъе бахъун букIана, амма критиказул рахIат гьанжеги ххун буго.

Татарстаналдаса тарихчи Рафаель МухIудиновас абулеб буго тIадехун рехсараб документ берцинго цIалани, политиказ рахчарал цо-цо мурадал бигьаго ратулилан.

Рафаель МухIудинов: «Гьаб стратегия цIакъ загIипаб къагIидаялда бичIчIизабун буго. МухIканаб гуреб мацIалъ. Балагьани – гьеб хехго хIадур гьабураб документлъун бихьула. ГIурусазда хурхарал пикраби дурусго загьирарун руго. Мисалалъе босани гьез абулеб буго Россиялда гIурус мацI лъазе тIадаблъун бугин.

Амма гIурус гурел миллатазул хIакъалъулъ бицен унеб мехалда текст бичIчIизе захIматаб буго. Дида ккола, гьединаб къагIидаялъ ургъунго хъван бугин».

Пачалихъияб Думаялда тIоцебесеб цIалиялда къабул гьабураб мацIазул хIакъулъулъ къануналда рекъон улбузе рес кьун буго жидерго лъимал мактабазда рахьдал мацIалъ цIализаризе. Аммаила, абулеб буго татаразул ва башкиразул хIаракатчагIаз щибаб ишалъе бажари букІине кколин.

Масала Россиялда тIадегIанаб лъай кьолел цIалул идарабазда лъай кьола гIурус мацIалъ. Гьединлъидал, мактабазда рахьдал мацIалъ цIалулел лъималазе рес швезе гьечIо университеталдаги, институталдаги миллиял мацIазда цIали халат бахъинабизе.

Чачан республикаялъул рахъалъан Россиялъул Пачалихъияб Думаялъул депутат, «Единая Россия» партиялъул вакил Вахаев МухIамадица цебе лъуна Шималияб Кавказалъул анлъабго республика цолъизабун, гьелъие этникияб гуреб МугIрузул Республика ян абураб цIар кьеялъул суал.

ГIажаибаб пикру загьирабуна Дагъистаналдаса гIалимчи Дибиров ГIабдулнасирица. Гьесул хIисабалда Башкортостан республикаялъул бакIалда Уфа республика, Татарстаналъул бакIалда – Казань республика ва Гъабардагун-Балкариялъул бакIалда – Приэльбрусье республика ян абунани лъикI букIинаан.

ГIабдулнасир Дибиров: «Республикабазе миллиял цIарал кьей гьезул политикиял тIадтаразе пайдаяб ва магIнаяб ишлъун букIинаан гьез Россиялдаса ратIалъизе рокьун ратанани. Масала Татаразул этникияб пачалихъ, Россиялъул этникияб пачалихъ ялъуни цогидаб гIуцIун. Россиялъул федерация цебетIезабиялъул тIалаб-агъаз гьабулеб мехалда тIоцересел галаби тIамизе ккола. Гьадинал галабилъун рукIине ккола гьел республикабазул цIарал хиси».

Башкортостаналъул тарихчи Кулшариповас гьелда бан гьадин абулеб буго:

Марат Кулшарипов: «Миллиял республикабазда гьадинаб стратегия хIалтIизабизе кколаро. Гьеб нилъер мурадазде, нилъер интересазде данде кколаро. Цо нухалъ гьез къасд гьабун гьечIищха советияб цолъараб халкъ гIуцIизе? ГьабсагIаталъги нилъ тIад руссунел руго добго бакIалде. Цолъараб гIурус миллат гIуцIизе гьабулеб къасд – гьеб ккола цогидазул миллияб хаслъи тIагIинаби!»

Наиль Хисамиев,
Роберт Коалсон.
XS
SM
MD
LG