МагъчIваялъе рес

«Халкъазул Цолъиялъул къойищ миллатчагIазул байрамищ»?


Дагъистаналъул руччабаз кодо гьабулеб буго 7 ноябралъул байрам. Буйнахъск, 1957 сон.
Дагъистаналъул руччабаз кодо гьабулеб буго 7 ноябралъул байрам. Буйнахъск, 1957 сон.

1991 соналде щвезегIан 7 ноябрь кIодо гьабулеб букIана КIудияб Октябралъул къо гIадин. ХIукуматалъул аслиял байрамкъоязул кьеразулъ ункъабилеб бакIалда букIанин гьебилан хъвалеб буго интернеталъул гьумеразда.

2005 соналдаса байбихьун Россиялда гьелъул бакIалда кIодо гьабизе байбихьана цогидаб байрам 4 ноябрь - Халкъазул цолъиялъул къо. Амма ВЦИОМ абураб халкъазда гьоркьоб цIех рех тIобитIулеб централъ кьураб баяналда рекъон Россиялда гIумру гьабун ругезул бащадазда лъалеб гьечIо щиб байрам гьеб кколебали.

Халкъазул цолъиялъул къо абун 4 ноябрь байрамкъолъун рикIкIунезул къадар дагьаб буго Дагъистаналдаги. ЦIех-рех тIобитIаразда гьоркьор гIемерисел мукIурлъулел руго 4 ноябрь кинаб гIиллаялда бан кIодо гьабулеб бугебали лъангутIиялъегицин. Амма гьелдаго цадахъ Совет хIукуматалъул заманалда киназго кIодо гьабулеб букIараб КIудияб Октябралъул байрам - 7 ноябрь унго-унголъунги рекIее асар гьабулеб къо букIинчIилан абулелги руго гьезда гьоркьор.

1921 абилеб соналъ Хунзахъ большевиказул къукъаялде данде рагъулел рукIанин жиндир кIудияв инсудаса байбихьун гIагарлъиялъул чагIиян бицана Эркенлъи Радиоялъе «КIаралал» абураб гIахьвалазул жамгIияб гIуцIиялъул нухмалъулев АхIмаднабиев МухIамадица. Гьеб заманалда жаниб жиндир умумул тIагIинарунин гьез, гьединлъидал 7 ноябрь ццимбахъигун гурони тIокIаб батIияб хинаб асаргун ракIалде щоларилан мукIурлъана гьев.

4 ноябрьги гIицIго Москваялда тIобитIараб съездалда гьабураб хIукмулъун кагътида хутIун гурони, байрамкъо хIисабалда халкъалъул рекIелъе гьеб лъугьинчIилан тIаде жубана гьес хадубги.

МухIамад АхIмаднабиев: «Вац вацгун вагъулев, дагъистаниял цоцаца чIвалел ругеб мехалъ кинаб цолъи букIунеб? Цолъиялде рачIине ккани, халкъал халкъаллъун тасдикъ гьарун рукIине ккола ва гьезие чIезабураб мацIалъулги, ракьалъулги, маданияталъулги къанунги букIине ккола. Гьебин абуни гьабсагIатги бихьизабун гьечIо.

Нилъерго ракьалда нилъ киналго рикIкIунел руго лъабабилеб тайпаялъул халкълъун, рокъорги къватIирги нилъ руго чIегIераллъун».

Жакъасеб гIолохъанаб гIелалда гьоркьорги руго гьел къоязул цонигияб рикIкIунарел. Мисалалъе я ункъабилеб, я анкьабилеб ноябразул цонигияб байрамкъо хIисабалда рикIкIунарин жинцаян абуна нижер программаялъе «Черновик» газеталдаса МухIамадов МухIамадовас.

Кидаялиго кIодо гьабулеб букIараб 7 ноябрь цебего кIочон танин. Гьелъул бакIалда кIодо гьабизе байбихьараб 4 ноябрь абуни цо ургъун бахъараб къолъун бихьулеб бугин, битIун бицани. Цо кидаялиго польшаялъулазул зулмучагIазда тIад гIурусаз босараб бергьенлъиялъул хIурматалда кIодо гьабулеб бугин гьез, амма гьеб рагъулаб дандечIеялда жаниб Дагъистаналдаса, хасго жиндир умумуз кинабниги гIахьаллъицин гьабичIин.

Нилъер бусурбабазул байрамазде дандеккун балагьани, гьеб кколин гIурусазеги нилъеца кIодо гьабулеб Къурбаналъул байрамалъ гьабулеб гIадаб асар.

МухIамад МухIамадов: «ТIолго Россиялда гьелъул хаслъиялде балагьун абуни, байрамалда цIарго жакъасеб хIакъикъаталда дандекколареб буго. Щайгурелъул нилъеда бихьулеб бугелъул Дагъистаналъул халкъазда гьоркьобги бугеб рикьи.

Гьаниргицин рукIуна дагIба магIарулав щив, дидояв щив абун. Гьединго федералияб роценалда рекъон балагьани, гьенирги руго гьединалго къецал - насранияв щив, гIурусав щив абун. Гьеб киналдасаго бихьулеб буго халкъалда гьоркьоб цолъи гьечIеблъи, рихьулел руго гIицIго игIланал, жидеда гъорлъ щибниги кьучI гьечIел».

Кин бугониги советияб заманалдаго кIодо гьабулеб байрам букIиналъ 7 ноябрь унго-унголъунги халкъалъул байрамкъолъун ракIалде щвезабулел чагIиги руго Дагъистаналда. Гьединазул цояй ккола МахIачхъалаялда гIумру гьабун йигей Хунзахъ мухъалдаса ХIаштIихова Зубаржат.

Гьеб байрамалда хурхун жиндирго пикру гьелъ гьадинан загьир гьабуна нижер программаялъе:

ХIаштIихова Зубаржат: «Гьеб буго нилъер киназулго тарих, гьеб кIочон тезе бегьуларо. Гьеб тарихалъе гIологIаги тIобитIизе кколаан гьеб байрам букIараб, щайгурелъул нилъер Дагъистаналда цониги хъизан батиларо инкъилабалъулъ гIахьаллъи гьабичIел. Киназго гIодобе биги тIуна. Гьел сундуе гIоло рагъулел рукIарал-гьел къеркьолел рукIана нилъер киназулго эркенлъиялъе, нилъер лъималазул букIинеселъе гIоло. Патриотал рукIанаха гьел».

Дагъистаналда гIемер дандчIвала гьадинаб пикруги - официалияб куцалда халкъалъе эркенлъиги цIияб гIумруги сайгъат гьабунин Совет хIукуматалъилан абулеб букIаниги, инкъилабалъул заманалдаги гьелда хадусел соназги большевиказ Дагъистаналъул гIемерал росабалъ гьабураб зулмуялъул гIемерал хIужаби тIатинаруна тарихчагIаз ахираб заманалда.

Чанги церетIурал, диниял гIалимзабаздаса байбихьун расги гIайиб гьечIел чагIи Сибиралдеги ритIун тIагIинаруна гьез доб мехалъ. Гьединлъидал 7 ноябрьги гIемерисел дагъистанияз рохелгун гуреб, пашманлъигун, цо-цоязин абуни нагIанагун ракIалде швезабула жакъа.
XS
SM
MD
LG