МагъчIваялъе рес

«...рачIа, ле, ниж рихьизе!»


ЦIумада мухъалда чIван вуго Калининградалдаса СОБРалъул командир, Гъизляралдаса чияс лъазабулеб буго полициялъ жив толев гьечIин, Дагъистаналдаса чияс лъазабулеб буго жиндир вас викъун вугин, Буйнахъскаялда чIварал яргъидгIуцIарал щалали лъан буго-гьединал рукIана араб анкьалъ Дагъистаналдаса рачIунел цо-цо лъазабиял. Гьеб щибаб мухъалда нахъа буго чиясул къисмат, эбелалъул рекIел бухIи ва бесдал хутIулел лъималазул магIаби.

«Россиялъул Даптар» абулеб хасаб программаялда нижеца хIалбихьулеб буго республикаялдаса рачIунел тIадехун рехсаралгIадал харбазул бегуниса рахъ ай васалги росалги чIван хутIарал руччабазул гIумру бихьизабизе. Программалъул байбихьуда Гъизилюрт мухъалъул Кироваул росулъа Насибова Хадижатица бицунеб буго жиндир рос СаидахIмад чIвараб куцалъул.

Хадижат: «Чвалхун, чвалхун бачIинеб букIана би... Гъоз цо-кIиго гуллаги кьвагьун гIодов ккарав гьесде кьвагьана автоматалъул тIубараб магазин лъугIизегIан.
Дун екерун аскIое щвелалде кIал букIинчIо гьесул...цо гьадин багъарулеб букIана кIал...амма кIалъазе кIолеб букIинчIо. Дица гIодойги йикIун накабазда лъуна гьесул бетIер:
- Аллагьасда рази руго, АлхIамдуллилагь!-абун диего сабру гьабизе
- Аллагьу Акбар! АлхIамдуллилагь!-ян абулеб букlана дица.

Дир росасда автомат кьвагьарав чияс нахъеги вуссун дида берал речIчIизаруна. Дица: "Аллагьу Акбар!"-ин абураб жойищ гьесие рекIее гIечIебали».

ЭР: «Дуца досда гьикъичIищ гьав щай чIваравин, дуца гьабураб жо щибан?»

Хадижат: «ГьикъичIо. Дун кIалъачIо гьезда. РухI босулев вугев бетIергьанчиясе дугIа цIалулей йикIана дун, гьезде регIун йикIинчIо.
Гьел цинги лъутун автомашиналъуреги кIанцIун, нижеда ракьги речIчI-речIчIизабун машинаги хъамун ана гьениса Хасавюрталдехун. Гьеб букIана накIкIуяб кьералъул, тIад номералги гьечIеб, 14-билеб моделалъул автомашина.

Гьеб параялъ МахIачхъалаялдаса Хасавюрталде унеб федералияб трасса I0-гIаги минуталъ къанги букIана. Доб рахъалдасан хьвадулел рукIана автомашинаби, нижер рахъалдасан цониги инчIо.

Ниж рукIана МахIачхъалаялде гIагарав вас чIван зигаралъе унел. Дида цадахъ йикIана дирго ясги, кIудияй яцги, цо моцIалъ цебе вас чIварай цинагIалги.

Ниж ункъайго рекIараб нижер автомашинаги чIезабуна, нижеда цебе букIараб тIад чадир ккураб автомашинаги чIезабуна гьурмазда маскабиги хурав лъабго чияс. Дов шоферги вахъана къватIиве дир росги вахъана документалги росулаго. ГIадатияб куцалда нухда хал гьабулеб батилин ккана нижеда.
Дов шофёрасда абун буго чадир борхун нахъаса автомашина рагьеян. Гьес нахъе чанго гали гьабилалде аскIове щварав дир росасухъа цояс кодоса документал нахъе росана цояс гьесда автомат кьвагьана...

Хадусан байбихьана гьенир гIадамал гIемерлъизе, рачIана нижерго росулъа гIагарал васалги -ГIалиги Анварги. Гьезда ахIун буго нижеда цадахъ йикIарай цинагIалалъ:

-ГIали, Анвар, рачIа, ле, ниж рихьизе!...

Цинги нижерго машиналдаги лъун гIебеде хъамунаха...»

ЭР: «Гьел чагIазул гьурмал рихьанищ дуда?»

Хадижат: «Гьезда маскаби рукIана берал хутIизегIан гьумер бахчарал. НакIкIуяб кьералъул рагъулазул ретIелги ретIарал, гьоркьохъеб борхалъиялъул лага-черх бугев лъабгояв вукIана.
Цояв машиналда аскIов вукIана, цояс росасул кодоса документал нахъе росана, лъабабилес гьезда автоматалъ кьвагьана».

ЭР: «Гьел чагIаз щиб мацI бицунеб букIараб, акцент яги цоги кинаб букIаниги хаслъи загьирлъанищ?»

Хадижат: «Щибго гъозул каламги, гъозул хабарги нижеда рагIичIо. Росасда автоматалъ кьвагьизегIан машиналда жанир рукIана ниж. ГАИялъ чIезаруралгIадин индал довги дов цогияв шоферги гьезда аскIоре. ГIурус мацIалда кIалъан ратилаха...Лъаларо. Нижеда рагIичIо. Кьвагьи рагIарабго машиналдаса къватIире кIанцIана ниж...»

ЭР: «Цебе полициялде ахIун кинаб букIаниги кIалъай гьабун, нужехъе рокъоре полициялъул чагIи рачIун яги цоги кинаб букIаниги къагIидаялъ нужеда разилъи гьечIолъи яги сундул букIаниги щаклъи загьир гьабун букIанищ?»

Хадижат: «БукIинчIо. Нижехъе хал гьабизеги гьел цо нухалда гурони рачIун рукIинчIо. Гьебги дида ккола мацI гьабун рачIарал рукIанин. Гьеб сордоялъ гьаниб росулъ цо анцIго рокъоре жанире лъугьун чIухь балеб букIана гьез. Гьебго сордоялъ нижехъеги щун рукIана.

РачIана. Щив вугевин рокъовин гьикъана. Ясги, дурцги, ясалъул гьалмагъ-гьоболай ясги йигин абуна. КIал ккураб заман букIана гьеб. Радакье рахъун кIалалги ккун, рогьалил как базе гьеб ахIизегIан чIун рукIана ниж. Киса-кибего гьаниб рокъоб хал-шал гьабуна гьез. Гьаниб гьезда щибго жоги батичIо.

-Это чудо!-ян абуна гьезул цояс цогиязда.

Нижер доба гIемераб жо бугебгIадин гьанире ритIарал ругин ккана нижеда дол.
-Гьаниса босизе рукIкIенгIанасеб жоцин щвечIогури-ян рукIана цоцалъ бицунеб.
Щиб гьез балагьулеб букIарабали дида лъаларо.
Нижер рокъоб чIухь бан хадуб анкьидасан чIвана СагIидахIмад».

ЭР: Хадижатил рос чIван хадуб чанго анкь иналде чIвала гьелъул цинагIал 30 сон букIарав МухIамадов ХIайдар. Жиндирго лъадигун ва лъималгун цадахъ мацI лъаларев инсул рокъов гьезда цеве чIвала гьев гордухъан жанибе автоматги бегьун.

Хадижат: «МацIги лъаларев эмен вукIана гьев цинагIаласул. Херлъун канлъиги ун буго гьесул. Херав, беццав, мацIги лъаларев жиндирго инсуда аскIов лъадигун ва лъималгун вукIарав вас чIван гIодов лъуна. Щуго лъимер букIана гьесул. Гьеди-додинав васищха гьев вукIарав. Исламги лъалев, ритIухълъиги цIунулев, росулъ букIараб дибирлъиги...росу бахилав вас вукIана гьев.
Цо свакаравгIадин лъугьун вугин жив, жиндир кIигъуждул лъухьеян чIужуялда цеве бакIида гIодов чIун гьевги, гьесда нахъа эхетарай чIужуги, диваналда лъураб моцI бачIеб лъимерги...Гордухъа жанибе автоматги кьвагьун балкангIадин чIван гIодов лъуна...рокъов жанив.

ЧIвала руго гьединан цересан ккун...

Дир бетIергьанчи къад вукъун къаси нижер мадугьалихъ вукIарав васасаул ботIролъ речIчIана таманча. Гьале гьанже инвалидги гьавун бусаде реххун вуго. КигIан лъикIав васха гьев вукIарав!»

ЭР: Хадижатил цо вукIарав вас-спортсмен чIван вукIана кIиго соналъ цебе жиндирго вацгIаласда цадахъ. Гьел чIван хадусеб къоялда газетаздасан лъазабун буго гьезда кинабгIаги гIайиб яги щаклъи букIинчIин ва гьел мекъса ккун чIварал рукIанин.

Хадижат: «Щуго ясалде тIаде гьавурав цохIо вугев вас вукIана дир Насибов МухIамад. Гьев цIалулев вукIана МахIачхъалаялда экономистлъун. Гьенибго спорталде-рагъулаб самбоялде машгъуллъана гьев. Москваялда тIоцебесеб бакIал босун вачIана, Украиналда бергьана, гьениса ХуштIаде Агъваливе ун гьенив бергьун вачIун вукIана.
Доб къоялъ гьев ун вукIана вацгIалгун цадахъ МахIачхъалаялде жиндирго ретIел-тIех рокъобе босизейинги абун. Хадусеб къоялъги къецазде ине кколев вукIана гьев.
Дол кIиялго ралъдахъе ун чордонги руго. МахIачхъалаялдаса къватIире лъугьунаго машиналъул регистрацияги гьабун буго, Гъизилюрталде жанире лъугьунагони регистрация гьабун буго...
Гьеб сордоялъ дун дунго йикIана рокъой, рос Москваялда азарханаялда вукIана.
Цо сордо-ракьалда бахъана кьвагьи нижер рагьтIа. Екерана къватIие... Ругоанха кIиявго гIолохъанчи чIвазеги чIван кавуялда цере машиналда жанир...»

ЭР: «Щиб, кин, лъица, гъоркьчIелищ букIараб, лъалеб жогийищ гьечIебищ?»
Хадижат: «Щибго лъалеб жо гьечIо. ГIицIго росулъа гIолохъабаз абуна УАЗ автомашина бачIанин накIкIуяб кьералъул, гьелда жанисанго нижер васазде автоматги кьвагьун анин гьелин. ГъоркьчIелищ букIараб, кин, щиб-лъаларо.
Хадусеб къоялъ газеталдасан лъазабуна гьел мекъса ккун чIван ругин.
БетIергьанчи хъвадарана ритIухълъи балагьун Москваялде щунги. Гьениса бачIун буго кагъат гьанибе ккаралъул цIех-рех гьабеян. Гьанир ругез нижехъе бачIараб жавабалда абулеб букIана нижеца экспертиза гьабизе кьечIин васазул жаназабиян...
Лъица кьолел рукъалъул кIалтIа чIварал гIолохъабазул жаназаби экспертиза гьабизе?
Рокъоре жанирецин росичIого мажгиталдасан тIоритIана дол.
Гьаниб ахIи-хIурги халкъги...
Гьелда течIого адвокат кквезе ракIалда букIана бетIергьанчиясда. Гьанже адвокат кквеялъ вас нахъвуссинарин, гьев щибизеян дица кьураб суалалъе жаваб кьунго бахъинчIо гьесулги.
Рокъоб гьеб жоги бицун 10 къоялдасан чIвана гьев.

Дир бетIергьанчиясда хадув чIвана устIар ЧIикIаса СагIид Апанди. Щибин абун чIварав гьадав херав чи? Гьес гьезие гьабулебгIаги щибдай букIараб?»

ЭР: «Гьедин мунги тIаде балагьун щибго гIайибго гIунтIизабичIого рос чIван хадуб дуца гьелъул цIех-рех тIалаб гьабичIищ?»

Хадижат: «Гьанже бетIергьанчи чIван хадуб гьединаб жо гьабизе чи хутIун гьечIо дир, битIараб бицани. Дир вацги гьечIо, щуго-анлъго яс руго ниж инсул рокъор. Дирги йигоха щуго яс. Росасул вуго кIиго вац, цояв гIинкъав вуго, цогиявги гьедин къватIиве вахъун жо бажарулев чи гьечIо.
Ясалъул бетIергьанчиясулги чIвана кIиго вац.
Гьанже Аллагьасухъе кьун тани гурони гьелда гьабизе жо гьечIо...»

ЭР: Щибго гIайиб рехсечIого васги, росги, вацасул васги, цоги гIагаралги чIварай Хадижатида мекъи вас чIван вукIинцин газеталдасан гурони лъазабун гьечIо ва лъицаго тIаса лъугьинги гьарун гьечIо. ЧIварав росасде тIаде къулараб мехалдацин гьелъие кьогIаб, рокьукъаб балагьи гуреб жо щун гьечIо.

Щибаб лъагIалица милициялъул къоялъ нижее кьола азарго гъурущ. Гьебги гIеларищха!

31 сон бараб мехалда рос чIван хадусан жиндир гIумру лъугIараблъун рикIкIунеб буго Гъуниб мухъалъул Гьонода росулъа БатIалова Гульнараца.

Батlалова Гульнара лъимергун кодоб
Батlалова Гульнара лъимергун кодоб
Гульнара: «Исана щуабилеб сон буго дир рос чIваралдаса. Росулъе милициявлъун гьев тIамуралдаса моцIал ран рукIинчIо. Дунги йикIана лъимер гьабизе. Къаси рачIун вагьабияз чIванаха гьев. Гьев чIван хадусан гьавурав васги хвана дир. Гьанже дир ругоха кIиго лъимал васги ясги».

ЭР: Гульнарал рос БатIалов Рашид вукIана 2007 соналда Гьонода росдал сверухълъиялда чIварав ичIго гIолиласул цояв. Гьеб мехалда квана-гьекъолеб бакIалдаса росулъе тIадруссунел гIолилал сверун ккун ругин изну гьечIого яргъидгIуцIаразин хабар бачIараб мехалда кодоб таманчацин гьечIев БатIалов Рашид векерула росу рагIалде гьел гIолилал рукIараб бакIалде ва вачIинахъего чIван рехула гьев. Гьеб мехалда Рашидие букIун буго 34 сон. Гьесул букIана кIиго гьитIинаб лъимерги, лъабабилеб гьабизе йигей лъадиги. Гьабун хадуб, Рашидил цIар кьурав гьев васги хола.

Гульнара: «Гъосухъе ахIун бачIана къаси. Гъов жеги унтунги вукIана. АхIун бачIана вагьабиял рачIун ругин абун. Анаха гьев гьениве. Ярагъги букIинчIо гьесухъ. ГьебгIаги гьечIого мун кинан иневин дица абурабги рекIее гIечIо гьесие. КIал чIезабеян абуна дида. Гьеб бакIалде щварабго чIванги вуго гьев».

ЭР: Лъималазе эмен гьечIогойин бачIунеб пенсия жинца банкалда бакIарулеб бугин, кIудиял гIаралго гьел цIализаризе, гьанже жидеца бетIербахъи гьабулеб бугин гьание-дое йортун щвара- щвараб хIалтIи гьабун жиндие щолеб харжалдасанин бицана Гульнараца.

Гульнара: «Диргоги я яц гьечIо, я вац гьечIо, я эмен гьечIо. Йигоха дое екерун, гьание екерун щвара-щвараб хIалтIи гьабун. Цо ккураб хIалтIиги щолеб гьечIо. Щибаб сордойил лъималгун жанире руссараб мехалда ракIалде щола гьезда эмен.
Гьанже бачIун буго хваразда хIал хъубаб заман. Дица рикIкIунеб буго дир гIумру лъугIараблъун. Дунялалдасаго ракI ун буго. Цо роххел буго- лъимал. Гьезие ретIел-хьит, квен кин гIезабилебин ургъулей йиго. Гьале, тIоцебесеб сентябралдаса нахъе гьезие къойилго росизе кколел руго тIахьалги, къваригIанабщинабги, школалде цин чIечIого бакIаризе кколеб гIарацги... Рашидие милициялда кIудияб цIар щун букIинчIелъул жеги, гьединлъидал гьев камунин бачIунеб пенсияги кIудияб гьечIо. Хадубги лъимал цIализариялъул ва гьезие ригьин гьабиялъулги ургъел гьабизе кколелъул. БакIаризе ккола гIарац...ругоха гьадин».

ЭР: Рос чIван хадуб, Жанисел ишазул министерлъиялъ Рашид милицияв вукIиндал Хадижатие кьун буго шагьаралда цо рукъалъул квартира босизе гIарац. Гьесда цадахъ чIваразе кинаб букIаниги компенсация кьурабищали жинда лъаларин абуна гьелъ. Гьединго щибаб лъагIалица гьелъул хъизамалъе кьолеб буго азарго гъурущги. Гьеб кверчIваялдаги разияй йиго Гульнара.

Гульнара: «Щибаб лъагIалица милициялъул къоялъ нижее кьола азарго гъурущ. Гьебги гIеларищха! Гьединго волейболалъул турнир тIобитIула гьев ракIалде щвеялъе коллегабаз ва гьесда цадахъ цIалулел рукIараз ЧIохъ росулъ».

Жакъа Дагъистаналъул халкъ цоцаца чIван лъугIизабулеб бугин абуларев чи къанагIат гурон гьечIо республикаялда. Гьедин абулеб букIаниги щибго хисулебги гьечIо, хисизабизе бокьаразда гьеб кIолебги гьечIо.
Республикаялда кколеб бугелда тIад ракI унтараз жидецаго гьабулеб буго чIваразул хIисаб. Ва гьезул баяназда рекъон, исана тIубачIеб лъагIалида жаниб Дагъистаналда чIван вуго кIиябго рахъалъан 800 ялдаса цIикIкIун гIолилав, гьезулги 600-ялдаса цIикIкIун чи магIарул миллаталъул кколев вуго.
XS
SM
MD
LG