МагъчIваялъе рес

ДАГIШ

ГIалиев МухIамад
ГIалиев МухIамад

Аминат ГIалиева: «Бадиб къалам къазабун гIараб кьураб гIечIого, карцералъувги тIамулев вуго дир вац».

Терроризмалъулгун хурхен букIиналда щаклъи ккун 2014 соналъул хасалихълъиялдаса нахъе Ставрополалда жанив тIамун вугев Дагъистаналдаса ГIалиев МухIамадил хъизаналъ гьев Дагъистаналде вачине рес кьейилан тIалаб гьабулеб буго. Туснахъалда бадиб къалам къазабун, цойгидаб гIакъуба кьун гьесул сахлъи цIакъго нахъе ккун бугила, цояб бералдасаги канлъиги унеб бугила республикаялдеги вачун гьев сах гьавизе рес кьейин жидеейилан тIалаб гьабун Россиялъул президентасухъе кагъат хъван буго ГIалиеваз.

ЛъагIалидасаги цIикIкIун заман балеб буго Ставрополалда цIалулев вукIарав Дагъистанияв ГIалиев МухIамад туснахъалда тIамуралдаса. Терроризмалъулгун хурхен букIиналда щаклъи букIун гъоркьисала ноябралда ккун вукIана гьев. Гьесдеги гьевго гIадал ставрополалда гIумру гьабун ругел цойги щуго кавказалъуласдеги гьез хасаб къокъаги г1уц1ун ДАГIШалде гIолохъаби ритIулел рукIанин абураб гIайиб гIунтIизабуна диваналъ. Исана декабралъул байбихьуда гьезие туснахъалъул щугоялдаса бахъараб анкьгоялде щвезегIан санал кьезе хIукму къотIана . ГIалиев МухIамад щуго соналъ туснахъ гьавуразда гьоркьов вуго.

Цебехун «Эркенлъи» радиоялъ бицун букIахъе 2014 соналда Москваялда хасал идарабазул хIалтIухъабазги ккун Ставрополалде вачана гьев ГIалиев. Гьениб заманалъ гIадамал жанир тIамулеб туснахъалда вукIараб бакIалда гьесие гIемераб гIазаб кьун буго, терроризмалъулгун хурхен букIанин, гIадамал ДАИШалде гъорлъе цIалел рукIанин абураб гIайибалъе мукIурлъизе тIамулев вукIун вуго гьев. ГIалиев гьелда разилъун гьечIо, гьес гьанжеги лъазабулеб буго жив киданиги гьеб экстремистияб багъа-бачариялъулгун хурхен бугев чи вукIинчIила, тохтурлъун вахъине хIадурулев вукIараб, гIадатияв студент вугила живилан абулеб букIун буго гьес.

Амма гьабичIеб такъсир тIаде босизелъун гIазаб кьеялъ реанимациялде ккун вукIана 22 сон барав МухIамад. Гьесул гIагарлъиялъ бицухъе ГIалиевасул бадиб къазабураб щакъидул къаламалъ гIадалнахалъецин зарал гьабун буго. Гьесул бекичIеб, бухичIеб хъахIиллъичIеб лага хутIун букIинчIин, цониги зарал ккечIеб лага букIинчIин гьесул ургъимесалъул, жиндицаго хIухьелцин цIцIан бажарулеб хIалалда вукIинчIин гьевилан абулеб букIана ГIалиевазул хъизаналъ. Хасаб аппараталъул кумекалдалъун цIцIалеб букIун буго гьес хIухьел.

Гьеб бадиб къазабураб щакъидул къаламалъ гIадалнахуе гьабураб кIудияб заралалъ, тохтурзабаз абулеб букIанин гьев чIаго хутIаниги, кутакалда сакъатав чи вукIине вугилан. Анлъго сагIаталъ халат бахъараб операция гьабуна гьеб къалам нахъе бахъизе, гьелда тIадеги цойги нухалъ гвангвараги хъухъан ботIрода жанире раккун руго тохтурзаби. Гьеб кIиабилеб операциялдаса хадуб лъазабуна гьез гIадалнахуе цIакъго кIудияб зарал гьабун бугила, гьеб бокьараб мехалда гьорозе яги гьениб рецIцI ккезе бегьулила ва гьелъ къадаралде щвезе бегьулин МухIамад. Гьедин захIматаб хIалалда вукIарав гьесие букIине кколеб медицинаялъул кумек щвечIила, унтун холев вугев МухIамад азарханаялдасаги викъун Ставрополалда аскIоб бугеб цойгидаб шагьаралъул туснахъалдеги вачун гьенив лъикI вухунги вукIун вуго. Щиб гьабунги гьев жинца гьабичIеб такъсир гьабунин мукIурлъизавизе къваригIун букIанин низам цIунулезейилан лъазабулеб букIана гьесул гIагарлъиялъ. Хадубги гьез лъай-гIакълуялда гьечIев МухIамад хIалицаго гъулбасизе тIамун вуго жив гIайибияв вугин абун хъвараб кагътида гъоркь.

ЧанцIул ГIалиеваз жидер васасе гIазаб кьолеб бугин гьениб, гьесул бадиб къалам къазабун бугин абун тIалъиялъухъеги къуваталъул идарабазул нухмалъиялъухъе хъваниги гьелъулги хIасил ккун гьечIо. Журналистаз гьеб ишалда сверун ахIи бахъинабизе лъугьараб мехалда ставрополалъул къуваталъул идарабаз лъазабуна гьес жинцаго къазабун бугин жиндирго бадиб къаламилан. Диванги гьезда божун буго. Тохтурзабазги экспертазги чияс жинцаго жиндаго бадиб жо къазабун бажаруларин, унтуца рес кьоларин гьесиейилан абурал баяназулги документазулги хIисабго гьабун гьечIо гьебго диваналъ.

Гьабгощинаб мехалда гIазаб кьураб гIечIого диванги лъугIун гьев туснахъалда тIамизе хIукму къотIун хадубги гьев живго толев гьечIин ставрополалъул низам цIунулез. БукIине кколеб медицинаялъулаб кумек я жидецаго гьабулеб гьечIила, я гьабизе жидее толеб гьечIила. Гьединлъидал гьев Дагъистаналъул туснахъалде вачине тейилан тIалаб гьабун Россиялъул президентасухъе кагъат хъван бугила жидецайилан бицана «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда МухIамадил яц ГIалиева Аминатица.

ГIалиева Аминат: «Нижеда лъана гьев гьанжеги гIезегIан заманалъ карцералъув тIамун вукIараблъи. Сундухъ гьенив тIамурабалиги лъаларо. Гьесул гIадаб сахлъи бугев чиясе кутакалда захIматаб жо буго гьеб. Гьанжеги гIазабги кьун щиб гьесдаса къваригIун бугеб гьел ставрополалъул низам цIунулезеяли дида лъаларо. Я гьев вихьизе щоларо нижее, нижеца битIараб жоги бащадабги щолеб гьечIо гьесухъе. Доб къалам къазабун букIараб бералъул тIубан канлъи босун ун буго, кIиабилеб берги канлъукълъулеб бугеб бугин абулеб буго гьес. Гьелда тIадеги гьоркьоса къотIуларел ботIрол унтиги берзул цIуниги букIунеб буго гьесул. Гьеб буго хIехьезе кIолареб унти.

Гьесие букIине кколеб даруцин гьабизе течIелъул гьез. Азарханаялдасаги хъамун туснахъалъув къазавуна. Гьесда гIайиб гьечIеблъи чIезабизеги нижеда я кIун я кIвечIого букIина, нижее гьев туснахъалъув вукIаниги чIаго хутIизе къваригIун буго. ХутIунниги бугеб гьесул сахлъиги цIунизе хIажат буго. Нижее гьев Дагъистаналде вачине къваригIун буго гьаниб гьесул тIалаб гьабизегIаги щвелин абураб хьулалъ. Гьев Дагъистаналъул туснахъалде витIейилан нижеца абураб мехалда гьеб суал Москваялъ гурони тIубаларин абуна Ставрополалъул тусхъазул нухмалъиялъ. Гьединлъидал гьанже нижеца Росиялъулго УФСИНалъул бетIерасухъеги президент Владимир Путинихъеги кагъат хъван буго гьебго тIалабгун».

Аминатица бицухъе гьез хъвараб цохIониги кагъаталъе жаваб щун гьечIо жеги. Къануналда рекъон моцIида жаниб кьезе кколеб буго гьез жаваб.

СултIан-АхIмадил мажгит, Стамбул, 2015
СултIан-АхIмадил мажгит, Стамбул, 2015

Дагъистаналъул Унсоколо мухъалъул Генуб росулъа 49 хъизаналъ гIумру гьабулеб буго Туркиялда. Гьел гьенире гочун руго ахираб кIиго-лъабго соналда жаниб, гьез абухъе, росулъ хасал операциял тIоритIулаго гьезие букIараб тIадецуялдаса лъутун.

please wait

No media source currently available

0:00 0:15:59 0:00
Интернет-мухъ

Дагъистаналъул Генуб росулъа ахирал соназда жаниб гочун арал ва Туркиялда гIумру гьабулел ругел жал ДАГIШалда ай ИГИЛалалда ругин бицунеб бугин Россиялъул федералиял телеканалаз, иш гьедин гьечIолъи бихьизабизе бокьун бугин жидее абун Эркенлъи Радиогун бухьен ккуна Туркиялда гIумру гьабун ругел гьеб росдал гIадамаз.

Ахирисеб чанго соналъ Туркиялъул Стамбулалда гIумру гьабулеб буго Генуса МухIамадов Шамиль абулев гIолилас. Гьесие буго 27 сон. Шамилица кIвар буссинабулеб буго жал ИГИЛалда ай ДАГIШалда ругин абулеб жо бугьдан букIиналде ва гьезие гьеб захIмалъун букIиналде. Цо жидее гуребги жидергун бухьен бугевщинав чиясеги, жидер гIага-божаразеги гьелъул квал-квал бугин абулеб буго гьес.

Шамиль: «Нижеда цIакъ унтун буго ниж ИГИЛалда ругин абураб хабар къватIибе кьей. Масала, гьенир гуреб цоги бакIалда ругин абун букIарабани, гьебцин бигьалъилеб букIана. ИГИЛ буго жакъа Россиялъ террористияблъун рикIкIараб къукъа. Ниж бихьинал Дагъистаналде жакъа тIадруссинчIониги нижер руччаби, лъимал, ниж рихьизе гьанире рачIунел нижер эбел-эмен, яц-вацал гьел руссунелъул ватIаналде тIаде. Гьел, сундухъго балагьичIого, гьеб каналалъ бицараб жоги гIадахъ босун лъолел руго цIех-рехалъул сияхIазда. ХIатта дир гIагарлъиялде, яц-вацазде аскIоре рачIун рукIун руго дир хъизан кий йигейин цIехон. Жидеда лъалеб бакIалдасан, дир хъизанха, ИГИЛалда йигила. СубхIанАллагь, жакъа дун Туркиялдаги вукIун дир хъизан ИГИЛалда щиб гьабулей йикIине кколей? Гьей йигеб бакIал чIезабичIони, жидеца гьей цIех-рехалъул сияхIалда лъезе кколила».

«Россия HD» телеканалалъ бихьизабун букIана гендерил хIакъалъулъ ва гьениб жакъа бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъин абун «Халифаталде нух» абулеб репортаж. Гьелда ДАГIШиалда вугев жиндир васасде видео-хитIаб гьабизе къваригIун букIанин ва гьелда гьеб бажаричIин абун йихьизаюна СалихIова ГIайишат абун цо гIадан. Амма Генуса Шамилица бицана гьений йихьизаюрай гIадан СалихIова гурин, гьей йигин школалда рацIцIа-ракъалъи чIезабулей, лъималцин гьечIей Пайзулаева абулей гIаданин.

МухIамадов Шамиль (квегIиса)
МухIамадов Шамиль (квегIиса)

Шамиль: «СалихIова ГIайшатин абурай гIаданалъул цIаралда Генуб гьоркьохъеб школалда рацIа-ракъалъи чIезабулей Пайзулаева абулей гIадан йихьизаюна. Абулебги буго ИГИЛалда вугев жиндирго васасде гьениса тIадвуссайин абун кагъат хъван бугин гьелъин.

Гьале гьеб репортажалдаса цо кесек:

Журналист: Школалъул мугIалимазда цадахъ гьелъ тIубараб сордоялъ хIадурулеб букIана, нижер эфиралда цIализе, васасде гьабизесеб хитIаб.

ЧIужугIадан: Дир хирияв Шамиль, дие бокьун буго мун цIидахъан дирго каранде къазе...27 сон цебе...ракI-ракIалъ...

Журналист: ХитIаб лъугьинчIо. Цин чIечIого магIуги бацIцIунаго хитIаб хъвараб кагъат шуршузабулей хутIана гьей.

Шамиль: Нижеца ахIана росулъе батIи-батIиял чагIазде. Гьаб жо щиб, гьаб щиб гIадамал тIад релъулеб спектакль абун? Лъана, школалъул мугIалимзабазул цониги чияс тIадеги босичIого СалихIовалъул роль хIазе Пайзулаева мукIур гьаюн йикIин. Гьелъул абуни лъимерцин гьечIо. Гьей нижеда лъала.

ХIакъикъияй СалихIова ГIайшатил вас Шамилги гьанив Стамбулалда нижеда цадахъ вуго, гьанирго руго гьесул лъадиги лъималги. Гьелъул бицинчIониги, гьеб кинабго буго гьеб хIукматалъул гьереси, учузаб пропаганда».

Гьеб фильмалда гьединго абулеб бугин жидер росулъа лъималгун руччабигун 211 чи ун вугин ДАГIШалдейин, гьебги гьереси бугин бицана нахъеги Шамилица. Гьесул рагIабазда рекъон, ДАГIШалда гьечIо Генуса цониги чи.

Шамиль: «Цониги генусев ИГИЛалда вукIараваницин бичIчIине бегьилаан гьез бицунеб. Цо вугони, киналго ругин абила. Амма гьенив цониги генусев вугин чIезабун гьечIо. Нижецаги, официалияб куцалда, нижерго рахъалдасан абулеб буго ИГИЛалда нижер цониги чи гьечIо».

Росулъа арал гьел чагIазул 49 хъизаналъги гIумру гьабулеб бугин Туркиялъул Стамбул, Ялово ва Бурса шагьараздайин бицана гьес.

Гьебго репортажалда бицунеб буго Интерполалъ Генуса 50 чи валагьулев вугин. Гьебги гьереси бугин рикIкIунеб буго нижергун гара-чIвари букIарав Шамилица. Гьесул баяназда рекъон, Интерполалъул цIех-рехалда вуго гьеб росулъа 20 чи. Гьел киналгоги Туркиялда руго. Живго Шамильги рагIула гьеб сияхIалда.

Шамиль: «20 чи вуго геназул, официалияб куцалда, сураталгун баяналгун Интерполалъ валагьулев. Гьел киналго руго гьанир. Гьезда гьоркьов дунги вуго МухIамадов Шамиль абун. Нижер росдал цеве вукIарав имам, кIудияв чи МухIамадсагIид ХIажияв, гьевги вуго гьебго сияхIалда. Гьевги вуго гьанив. Щибизе ниж Интерполалда лъезе кколел? Щиб нижеца гьабураб такъсир? Такъсир букIун батани, щайха ниж улкаялдаса къватIирего риччарал?»

ЭР: Генуса 49 хъизан нахъе иналъе гIилла щиб букIараб? Нужее гьениб гьабулеб тIадецуй кинаб букIараб?

Шамиль: «Гьелъие гIиллалъун ккана 2013 соналъул 11 апрелалда нижер росулъе гIемераб рагъулаб техникаги бачIун росу сверун кквей. Росулъ рукIун руго дол яргъидгIуцIарал абулел чагIи. Гьез кьвагьун, гьезде кьвагьун кьвагьа-гъанхъи ккана росулъ. Росулъа киналго гIадамал аскIоб бугеб Временный росулъе ун рукIана. Нахъисеб къоялъ нижер гIолилал ракIарараб бакIалде вачIана нижер бегавул, гьев ун вукIана дол росулъ чIварал щал ругелали лъазабизе рагъулаз ахIун, гьес абуна, гьал гIурусаз бицунеб жоялъухъ балагьун, гьазда щибниги лъикIаб жо ракIалда гьечIин. Гьез абунила сон Генуб спецоперация тIобитIулеб мехалда жидеде гьодида нахъасан школлъималаздаса байбихьун 40 соналде рахинегIан гIолилаз кьвагьулеб букIанин. Гьединлъидал нужее лъикIаб букIине бугин гьанисанго рахъ-рахъалде анийин.

Гьелдаса хадуб дица кIиго моцIги хадубги бана МахIачхъалаялда. Дида цадахъ вукIана жеги микьго генусев. Лъил гIагарлъи киб бугониги гьенире лъутана ниж. Гьелдаса хадуб баккана Генуса лъутун аравщинав чи Дагъистаналда оперативияб цIех-рехалде лъазавун вугин абураб хабар. Лъутун рукIинчIониги рачун ине рукIана гьез ниж, нужеца жидеде кьвагьулеб букIанинги абун. БукIинчIолъи чIезабеха кин гьеб чIезабулеб батаниги».

ЭР: Шамиль, хас гьабун дуца яги дуда цадахъ вукIарав микьго чияс кьвагьулеб букIанин щай доз абизе кколеб ва щай цогиял росичIого нуж росизе кколел гьез жидерго сияхIазде?

Шамиль: «БитIараб суал буго. Дица абулеб гьечIо доз хас гьабун дун яги дида цадахъ вукIарав микьго чи цехолев вукIанин. Доз абулеб букIана росдал гIолохъабийин. Школлъималаздаса байбихьун 40-йилъе рахинегIан гIолохъабийин. Гьеле рагIи. Дунги гIолохъабазде гьоркьове кколев чилъидал, гьединлъидал гIолохъабазул щивас жиде-жидее гIамал гьабуна. Гьел гьениса нахъе инегIанин, ахIвал-хIал рукIалиде ккезегIанин абун ун рукIана ниж гьениса нахъе.

Чанги гIагарав вачунев вуго рокъореги рачIун, берда бихьулаго цебе ярагъги рехун, гьеб дур бугинги абун. Полициялъул бутIаялдеги вачун абулеб буго 300 азарго, 280 азарго, 200 азарго гъурущ кьуни къватIиве виччалин, кьечIони жанив лъолин. Гьебищха закон? Гьебищ хIукумат? Гьенир ругел низам цIунулез гьеб жо буго бизнесалде сверизабун».

ЭР: Гьениса арал чагIазул тIадвуссарав чиго вугищ?

Шамиль: «Вуго. Гьевго школалъул директорас доб репортажалдаги бицунеб буго, гьесул вас тIадвуссана. Гьединго лъабго-ункъгониги чи тIадвуссана. Гьезул иш лъикIккун буго. Лъалев фсб-шник вукIунниги, гьанир-дора лъалел хъвалел рукIунниги, гIарац кьунниги рекъе-решезабуна гьез иш».

ЭР: ИГИЛалде унел цогиял дандчIванищ дуда?

Шамиль: «ИГИЛалде щив ина вугев щив гьечIевали гьезда тIад хъван букIунарелъул, чанги чи дандчIван ватила, чанги чигун кIалъан ватила. Нилъерал гIемерал руго гьанир. Амма гьав чи ИГИЛалде унев вукIин лъан щивнигун дандчIвачIо».

ЭР: Туркиялда вугев чи хIисабалда, гьез дуда гьикъизе рес букIана кирехунин ине кколел, щибин гьабизе кколебин...

Шамиль: «Жакъа гьелъул тартиб гьаниб гьикъизе кколеб куц гьечIо. Гьезул жидерго вакилзаби руго киса-кирего, официалиял гурелха. Гьел дандчIвалел гIадамал аэропорталдего рачIуна. Дунгун дандчIвана чанги Дагъистаналдаса рачIарал жидерго васал-ясал нахъе рачине ралагьулел рукIарал эбел-эмен. Гьединал гIемер рихьана, гьезие кумек гьабизеги бокьун букIана. Дун ана лъалел-хъвалезухъе гьезул лъимал рихьа-рагIарав чи вугищан цIехолдизе гьезда цадахъ».

ЭР: Щванищха гьел улбул мурадалде? Бажаранищ гьезда жидерго лъимал нахъе рачине?

Шамиль: «Мурадалде щванин дида рагIана цо эмен. Гьесул яс йикIана гьаний Туркиялда туснахъалъуй жаний тIамун. Гьанир ругел магIарулаз кумекги гьабун, адвокатги ккун, бажарана гьей къватIие яхъизе. Гьей ана Дагъистаналде инсуца ячун. Амма цоги улбул мурадалде щвечIо, дида лъалеб бакIалдасан».

ХIехьон бажарулеб бакIалдаса иш унеб, унеб букIана...

Исана риидал Туркиялде гочун вуго Генуса АхIмад. Гьесул буго щуго лъимерги анлъго лъимадул лъимерги. ГIумрудул 46 сон гурони гьечIев АхIмадица бицана жив берцинго вилълъине кIоларев инвалид вугин ва ахирисеб 20 соналда жаниб рукъ тун къватIиве жив 20 нухалда гурони вахъун ватиларин. Къогониги сон цебе АхIмад ун вукIана армиялда вугев вацгIалас цо гIал-магъирги гьабун гьесда хадув Россиялъул шагьаралде. Гьес чIей гьабураб переталда цIаги ккун, ункъабилеб тIалаялдаса гъоркье кIанцIизе ккун вуго гьев. Гьелдаса хадув веквекарав гьев хIалихъе данде-гъанде вакIарун вуго ва сакъатавлъун хутIун вуго. Гьедин унтарав чиясцин росу-ракь щай тезе ккараб?

АхIмад: «Дир рукъ букIана Генуса шагьаралехун унеб тоннелалда 300 метралъул рикIкIалъуда. Дида гьедун абизе кIола, Генуб хасал операциял тIоритIулаго дир мина-карталъуре гьел чагIи 200 нухалдаги рачIун ратилин. Щибаб нухалдаги тункун, хIунсун, кьабун, ниж инжит, къабихI гьарулел рагIаби реххун...ХIехьон бажарулеб бакIалдаса иш унеб, унеб букIана.

Дица абулаан гьезда дун унтарав чи вугин, диего бокьаниги рохьахъ векерахъдизеги, гьенир рекерахъдулезе кумек гьабизеги бажарулев чиги дун гурин. Дун вугин диего кумек хIажатав чийин.

Нуж гьенир киналго ругин инвалидал, вагьабистал ругин, нуж киназго гьеб жо бицунин, нуж улкаялъул тушбаби ругин толароан. ХIехьон бажарулеб бакIалдаса иш ана.

Гьелдаго гьоркьоб, дир цо дурц Сулейманов ГIумар, гьевги вукIана гьелго яргъидгIуцIаразда гьоркьов. 2007 соналда депутат ГъазимухIамад чIварав мехалда, 20 нухалданиги вачун ун ватула гьев рокъоса. Рокъор хъирщарун, щибаб нухалда тенкон-кьабун...гIолохъанав чиясулги ццим хехаб букIунелъул...дагь-дагьккун яргъидгIуцIаразде гъорлъе инчIого рес ккечIоха досул.

Гьев я киве-вукIаниги лъутизе кколаан яги рохьове ине кколаан. Гьесие тIокIаб рес букIинчIо. Гъоркьиса августалда спецоперациялда чIвана гьев. ЧIвалеб къоялъ 28 тIубан букIана гьесие. Гьесул нахъе хутIана лъабго лъимер, бищун кIудияй ясалъе ункъго сон...

Балагьараб мехалда, гьел лъималаздасанги кIудияб хIинкъи букIан буго гьадигIан кIудияб пачалихъалъе. Гьев чIван хадуб, гьесул лъади дир ясалъе байбихьана суалал кьезе. Суалал кьогейин абулев чи гурев дун. Амма щибаб нухалда полициялдеги ячун дунялалда батарабщинаб хъублъи гьелде рикIкIине, гьей хIакъир гьайизе щибизе кколей? Гьелдасан щолеб бахIарчилъи щиб бугеб? Щай жийго толарей лъималазул эбел?

Ахирги гьей гьениса нахъе ячине ккана дица. ГIадан ругьунлъулареб даимаб хIинкъи букIана гьениб. Дун кинаб букIаниги цIех-рехалдаги гьечIо, Интерполалъги валагьулев гьечIо. Гьанже лъезе ватила гьенив... Гьеб бугелъул гьеб хIукуматалъул гIадат...

ЦIакъго бокьанигицин цIунцIра гIанасеб жоялъе зарал гьабун бажарулев чи гуроха дун. Дун вуго унтарав чи».

АхIмадица Туркиялде ункъго лъимерги бачун цояв Дагъистаналда тун вуго. Гьев вугин гьеб хIукуматалъе данде кколевин абулеб буго гьес.

АхIмад: «12, 13 сон барав кIиго вас вуго дир гьанив. Росгун цо ясги, рос чIварай цоги ясги гьезул лъаблъа лъимерги буго гьаниб дида цадахъ. Цояй ясалъул росги вуго гьанивго. Гьесдаги абулеб букIана ИГИЛалда вугин. ГьечIо. Гьанив Туркиялда вуго гьев. Гьев Каиралда цIалулеб мехалдаго квешезего цIех-рехалде лъазавун вукIана. КигIан гьесул эмен векерахъданиги, иш гьедин гьечIолъи чIезабизе кIун букIинчIо гьесдаги. Дир кIудияв вас Дагъистаналда вуго хъизангун. Гьев вуго цо гъал-махъиралда гъорлъ вукIунев, ихтилат-кеп бокьулев, гьекъолеб-кваналеб тIабигIат-гIамалалъул чи. Гьединаб хIукуматалъе данде кколеб гIадинаб тайпаялъул чи вуго гьев. Гьединаздасан гIуцIараб буго гьеб пачалихъ. Гьев гьенив вукIунго лъикI гьанив вукIуналдаса».

Лъималазул акикь ругел гендерил лъимал, Туркия, 2015
Лъималазул акикь ругел гендерил лъимал, Туркия, 2015

АхIмадица бицухъе, Туркиялда ругелщинал генал цо хъизан гIадинал чагIи руго. Гьез цоцазе кумекги гьабулеб буго. Жиндица ва жиндир лъималаз гIумру гьабулеб рукъалъухъ гIараццин росуцояз кьолеб бугин ва моцIрое гьеб 30 азаргогIан гъурщиде бахунин бицана гьес. Дур хъизамалъецин кьезе гIураб гIарац цогиязе кисайин нижеца гьикъидал АхIмадица бицана гIиси-бикъинаб бизнес рагьун, ралел бакIазда хIалтIун, щварас щвараб хIалтIи гьабун балагьулеб бугин жидер гIолохъабаз гьеб гIарацин. Кавказалдаса ва хасго Дагъистаналдаса рачIарал гIадамаздехун турказул лъикIаб бербалагьиги бугин ва жидее бакIалъул гIадамаз сундуего квал-квалги гьабуларин бицана гьес.

Цере Туркиялде гочарал мугьажиразул наслабазул чагIигун нужер бухьен бугищин, гьез кумек гьабулищин гьикъана нижеца АхIмадида.

АхIмад: «Гьезул гIемералгун кIалъана дун. Гьелъулги буго цо гьадинаб интересаб момент. Жиндир заманаялда, официалияб тIалъиялъул гIадамаз, дагъистаниял рукIа, цогиял рукIа, гьаниреги рачIун, гьазда бичIчIизабун буго гьанже Туркиялде рачIина ругел гIолохъаби гьаб дунялалъул рокъоб бищунго квешал гIадамал ругин. Гьел ругин террористал, экстремистал, вагьабистал, гьез шайихзаби, устIарзаби, дибирзаби чIвалин. Гьединлъидал гьанир ругезул кинаб бербалагьиха букIинеб? Гьезда жидедаго жанибги буго гьединабго хабар.

Дица кIалъай ккараб бакIалда гьезул цо чангояздаги абуна нужер умумул щал чагIи рукIун ратаниги, гьединалго чагIи ругин нижгийин. Заманалъул гурого нижеда гьоркьоб батIалъи гьечIин ва нужедаса нижее щибниги хIажатги гьечIин».

ГIумруялда жаниб тIаса бахчараб тIох бугеб рукъ щварав чи гурин жив, гьеб базе ресги щвечIин, цIад банщинахъе гIекколеб жиндирго рокъове тIадвуссине бокьилаанин жиндие кигIан лъикIаб бугониги чияр бакIалда вукIинегIан, амма гьениб бугеб даимаб хIинкъи хIехьезе ва гьелда ругьунлъизе кIвечIин жиндайин бицана ахирги АхIмадица.

АхIмад: «Доба рокъоб, 20 соналда жаниб, тIад щегI ккураб рукъ бан бажарун букIинчIо дида. БатIаго гьелдаса рекIекълъун бицунеб жо гуро. 20-ябго соналъ цIад бараб мехалда гIекколеб рокъоб гIумру гьабулеб букIана дица. Гьедин букIаниги, гьенивго вукIине бокьилаан дие жакъаги. Амма дие бокьиларо лъугIел гьечIеб гьеб хIинкъи. Хисилеб батила заман, рекъелеб батила хIал, рекъочIони, кинаб ракьалда веганиги щиб? Дидаго кколеб буго, тIад руссине дир лъималазул рес рекъаниги, дир ахирисеб чIей гьаниб Туркиялда батилин».

Гьаб программаялъул авалалда нижеца бицен гьабун букIана Россиялъул федералияб каналалъ Генуб росдал хIакъалъулъ бахъараб «Халифаталде нух» абулеб репортажалъул. Амма сундего ирга щун абухъего «хIалтIарал» гьел журналистаз цIар бахъичIо гьеб росулъ гIумру гьабулев щибав чиясе, нацистаз концлагеразда гIадин, хасаб номер кьун букIиналъул ва гьездаса гьел рахъиялъул биценго гьечIолъиялъул.

Цойги

XS
SM
MD
LG