МагъчIваялъе рес

Был такой город... / БукІана гьединаб шагьар... (1-себ бутІа)


Был такой город... / БукІана гьединаб шагьар... (1-себ бутІа)
please wait

No media source currently available

0:00 0:05:59 0:00

Узухъда, хъвдарухъанасда бажарула жиндирго махшел ва пикру хІалтІизабун бокьараб шагьаралъул сурат-сипат, гІадамазул гІумру бихьизабизе. Амма шагьаралда гІумру гьабун рукІараз ва гьелдаго цадахъ рижараз ракІалде щвезабун бицаралдаса гІуцІараб хабар букІуна хъвадарухъанас бихьизабуралдаса гІуралъ батІияб ва хІакъикъаталде гІагараб. Гьеб бессула гІадамаз рицарал гІиссинал историяздаса: харабазул харбаздаса, гьалмагъзабазул харбаздаса, мадугьалзабазгун гІагараз бицаралдаса, гьел рукІана батІи-батІиял, цо-цо нухалъ гІадатиябгурел хасияталъул гІадамазул харбаздаса. Гьел киназго жидеца гьениб гІумру гьабун букІиналъ, жидерго рукІа-рахъиналъго магІнадул цІезабула шагьар. Шагьарал цокІалал рукІунаро, гьезул инснасулгогІадин жиб-жибалъул букІуна такрарлъулареб хасаб хасиятги сипат-суратги. Гьедин рикІкІунеб буго «БукІана гьединаб шагьар...» абураб проекталъул автор, МахІачхъалаялдаса машгьурай блоггер ва журналист Светлана Анохиналъ. Гьелъ цогидай журналист Полина Санаевалда цадахъ гІумруялде бахъинабулеб проекталъ рес кьезе буго историялде буссараб тахшагьаралъул гІумру цІидаса гІадамазул пагьмуялде нахъ буссинабизе. Ахир-къадги нахъе буссинабураб история бусине буго берцинаб тІехьалде. Гьелъие кумекги жалго гІадамаз гьабулеб буго, жидерго гІумруялда лъугьа-бахъараб ва бихьараб ракІалде щвезабун, церегосел документал ва суратал проекталъул авторазухъе ритІун. (ТІоцебесбе бутІа)

XS
SM
MD
LG